АрбагΙ къоялда жиндиего бокьун хъулухъалдаса нахъе лъугьана гуржиязул ТамихΙалъул хΙукму тΙубазабиялъул ва юридикияб квербакъиялъул министр Хатуна Калмахелидзе. Гьелъие гΙиллалъун бахъана Тбилисиялъул Гдланалъул туснахъалда жанире гъуразе гΙазаб кьолаго бахъараб видео телевидениялъ бихьизаби. Эркенлъи радиоялъул мухбирас лъазабухъе, гΙазаб кьеялда гΙахьаллъарал киналго полициялъулал аресталде гъоркье росун руго.
Нухмалъиялъ лъазабулеб буго, гьеб кколин нухмалъиялъул дискредитация гьабиялъул мурадалда гьебго туснахъалда вугев оппозициялъулав Тамаз Тамазашвилил хΙалтΙиян. Гуржиязул чанго шагьаралда арбагΙ къоялда тΙоритΙана протесталъул акцияби. ГΙадамаз тΙалаб гьабулеб букΙана тамихΙ гьабиялъул системаялъул нухмалъулел диваналда цере чΙезари. Улкаялъул президент Михаил Саакашвилица лъазабуна, гΙазаб кьеялде хурхен бугел киназего тамихΙ гьабизе бугин.