Сириялда халкъазда гьоркьосев вакил ЛахΙдар БрахΙими щун вуго Сириялдасан лъутаразул мархьиялде

Сириялда халкъазда гьоркьосев вакиль ЛахΙдар БрахΙими талат къоялда щвана Туркиялда бугеб Сириялдаса лъутизе ккаразул мархьиялде. Сириялъул гΙорхъода аскΙоб бугеб Алтынёзю мархьиялда жакъа вуго 1300-гΙанав чи. БрахΙимигун дандчΙвалаго мархьиялда гΙумру гьабун бугез ахΙиял гьарулел рукΙана Сириялъул президент Башар Асадиде данде.

Сириялдасан лъутизе ккаразул рукΙа-рахъиналъул ва гьезул къварагΙелазул суал гьоркьоб лъуна БрахΙимица туркиялъул тΙадтаразулгун. Жакъаялде гьезул территориялда вуго сириялдаса 83 азаргогΙанав чи.

Анкараялъ халкъазда гьоркьосеб жамгΙият ахΙулеб буго гражданияб халкъ цΙуниялъул мурадалда сириялъул территориялда хΙинкъигьечΙолъиялъул зона рагьиялде.

18 моцΙалъ цебе багъарараб конфликталъе гΙоло жидерго бакΙал тун къватΙире лъутизе ккун вуго 250 азаргогΙанав чи. Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул хΙисабалда гьеб заманалда улкаялда хун вуго 20 азаргогΙанав чи, аслияб къагΙидаялда гΙадатиял гΙадамал.