Япониялъул контролалда гъоркь ругел Машрикъалъулаб Китаялъул ралъадал чΙинкΙиллъабазда хурхун территориалиял бахΙсал хΙалуциялъул фоналда Цолъарал штатазул улка цΙуниялъул министр Леон Панеттаца Китайги Японияги ахΙана гΙодорриччаялде. Визитгун Пекиналде щварав Панеттаца рахъал гьединго ухΙулел руго кΙиябго улкаялъу хΙукуматазда гьоркьосел контактал жигарлъизариялде. Гьелъ цΙунизе ругин гъалатаΙаздасан риккунеб буго америкаялъул министрас.
Талат къоялда Китаялъул нусгоялда цΙиккун шагьаралда тΙоритΙана Япониялде данде протесталъул акцияби. Талат къоялъго япониялъул кΙиго жамгΙияв хΙаракатчи рештΙун вукΙана чΙинкΙиллъабазул цоялде. Цебесеб анкьалда Япониялъ лъазабуна жинца гΙарац кьун босанин Сенкаку абураб чΙинкΙиллъиян.