Афгъанистаналда НАТОялъул базаялде гьужум

Афгъанистаналда бугеб НАТОялъул базаялде тIадекIанцIи гьабурал яргъидгIуцIаразда ретIун букIун буго америкалъул аскариязул ретIел.
Гьедин лъазабуна Афгъанистаналда бугеб америкалъул рагъулаб нухмалъиялъ. Гьез кIвар буссинабулеб букIана гьеб тIадекIанцIи лъикI гIуцIун букIиналдеги.
Гьаб сагIаталда британиялъул принц Гаррица хъулухъ гьабулеб бугеб базаялде ракетаби ва минаби къвагьун хадуб чIван вукIана америкалъул кIиго аскарияв ва лъукъун вукIана ичIгояв. Гьединго бухIун буго анлъго «Гьаррьер» абулеб аэропланги.
ТIадекIанцIаразул 14 чи чIван ва цояв асир гьавун вуго.
Шамат къоялда Афгъанистаналъул жанубияб рахъалда афгъаназул полицияс кьвагьун буго британиялъул аскаразде, кIигояв чIван ва лъабгояв лъукъун вуго.
Исана афгъаназул аскарияз ва полицияз чIван вуго халкъаздагьоркьосеб коалициялъул 47 аскарияв.