Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ жакъа депутатасул мандаталдаса махIрум гьавуна «РитIухъаб Россия» фракциялдаса Геннадий Гудков. Гьеб хIукму къабул гьабун буго улкаялъул Генералияб прокуратураялъул бихьизабиялда рекъон.
Низам цIунулезул пикруялда, Гудковас депутатасул хIалтIуда цадахъго бизнесги бачунеб букIун буго. Гьеб ккола къанун хвезаби.
Гьеб хIукмуялъухъ рахъ ккун буго 291 депутатас, данде гьаракь кьун буго 50яс, лъабго чияс гьаракь кьун гьечIо.
Гьалкъалкьей букIун буго рагьараб. Эркенлъи Радиоялъул мухбирас лъазабулеб буго Гудковасухъа мандат нахъе босизе кколарин рикIкIунев чи «Цогояб Россия» партиялда цо вукIанин. Гьевги вугин режиссер Станислав Говорухинин.
Гьеб киналдаго жиндир оппозиционияб багъа-башариялъухъ «политикияб къисас босиян» абулев Гудковас гьанжеялде лъазабун буго Думаялъул гьеб хIукмуялда тIасан ТIадегIанаб диванаханаялде гIарза хъвазе бугин. Гьебги мандат тIадбуссинабизе гуребин «Пачалихъияб Думаялъул загIиблъи» бихьизабизе хъвазе бугин абун буго гьес.