Америкалде данде протестал бусурбабазул улкабазда

Йеменалъул тахшагьар Саналда манифестантаз хIалбихьун букIана америкалъул вакиллъиялъе гьужум гьабизе, 13Сен2012

Жакъа бусурбабазул чанго улкаялда халкъ бахъун буго протесталъул акциязде. Гьез рикIкIунеб буго Америкалда рокъосел шартIазда гьабураб ва интернеталда тIибитIизабураб фильмалда бусурбаби хIакъир гьарун ругин.

Йеменалъул тахшагьар Саналда манифестантаз хIалбихьун букIана америкалъул вакиллъиялъе гьужум гьабизе. Гьеб мина сверун бугеб территориялда вакиллъиялъул мина букIин бихьизабулеб ишараги Америкалъул байрахъги нахъе бахъун букIана ццим бахъараб халкъалъ. НугIзаз лъазабулеб буго гьебго бакIалда чанго автомашинаги бухIанин.

Акциялда гIахьаллъун вуго аза-азар чи. Гьел нахъе хъамизе полициялъ лъим речIчIулел пушкаби хIалтIизарун руго ва гьаваялде кьвагьулеб букIун буго.

Бангладешалъул тахшагьар Даккаялда нус-нус чияс бухIун буго Америкалъул байрахъ.

Ираналда Америкалъул мурадал цIунулеб Швейцариялъул вакиллъиялда цебе Тегераналда щунусгогIан чияс ахIулеб букIана: «Америкалъе хвел!» абун.

Каиралда гьебго гIиллаялда бан лъабабилеб къоялъ халат рахъунел руго полициягун тунка-гIусиял.

Талат къоялда америкалъул вакил Кристофер Стивен ва жеги лъабго дипломат чIвараб Либиялда жидерго вакиллъиялъул цIуна-къай щула гьабизе хIаракат абахъулеб буго Америкалъ.