Алманиялдаса харбица евро хиралъизабуна

Аламаниялъул канцлер Ангела Меркелица лъикIаб къимат кьолеб буго улкалъул Конституционияб диваналъул хIукмуялъе. Европалда стабилизациялъул механизмал гIуцIиялде данде кьурал гIарзаби нахъ чIвана арбагI къоялда гьеб диванханаялъ. Меркелил рагIабазда рекъон, Алмания кколеб буго Европалда бищунго цебе тIураб экономика бугеб улка гуребги, жавабчилъи бугеб халкъаздагьоркьосеб партнёрги.

Стабилизациялъул механизмал гIуцIулел руго еврозонаялда налъул кризис къезабизелъун. Финансазул базаразда гьеб харбица евро хиралъизабуна. Гьеб фонд гIуцIиялъул хIукму нахъе бахъеян яги гьеб суалалда тIасан референдум тIобитIеян гIарза хъван букIун буго 37 азарго чияс.