Цолъарал Штатазде гьужум гьабуралдаса 11 сон тIубаялъ хасаб асар гьабулеб буго американиязе. Вашингтоналда вугев Эркенлъи радиоялъул мухбир Алан Давыдовас гьелда бан гара-чIвари гьабуна Аризона универститеталъул профессор-политолог Шелдон Саймонгун.
ЭР: Кин дуда кколеб шай гьанже террористазда кIоларел авиалайнерал хIалтIизаризе гьадинал гьужумал гьаризелъун? Гьаб суалалъе жаваб кьолаго, Аризона штаталъул университеталъул профессор Шелдон Саймоница рехсолеб буго цо чанго гIилла.
Шелдон Саймон: «11 сон цебе гьарурал тIаде кIанцIиял «Аль КъагIида» гIуцIиялъ щвалде щвараб къагIидаялда хIадур гьарун рукIаниги, жалго террористаз абухъего, жидеда гьел гьаризе кIванин къанагIатал ресал шун. ГьабсагIат нилъеда гьеб лъазеги лъала.
РукIана гIемерал ресал гьел гьужумал цереккунго нахъ чIвазе. Америкалъул цIех-рех гьабулел хасал хъулухъазул кодоб гIураб информация букIун буго гьужумал хIадур гьариялъул. Амма гьезухъа данде чIей гьабун бажаричIо, ай киналго хIужаби гIадахъ гьез росичIо ва гIаммаб хIасил гьабичIо.
Гьанжейин нилъеда лъала гьеб букIанин террористазе щвараб божизе захIматаб рес, ва гьадинаб рес жеги киданиги такрарлъизе гьечIо.
КIиабизеги, 11 сентябралда Цолъарал Штатазде гьужум гьабун хадусала Магърибалъул цогидал улкабаз жидеда цебе масъала лъуна «Аль-КъагIида» тIагIинабизе. Гьалеха ахирисеб чанго соналда жаниб террористикияб гIуцIиялъе кIудиял камиял ккана.
Гьединлъидал «Аль КъаIидаялда» кIвелин цIиял къуватал ракIаризе, ян абураб пикру маргьабалъ бицунелда релъараб буго».
ЭР: Бегьулищ гьелдалъун абизе гьанже Цолъарал Штатал къватIисеб терроризмалдаса щулаго цIунулеб территория бугин?
ШС: «Дица гьадин абила: американияз тохго толел гьечIин гьеб проблема, жалго жидецаго цIунулиялъул бегьулел щинал тадбирал гьарун. Бищун цIикIкIараб кIвар бугеб тадбирлъун ккола Цолъарал Штатазги, гьезул рахъ ккурал улкабазги къватIисел улкабазда, къватIисеб территориялда жигараб къагIидаялда агентал рати ва гьел жидерго рахъалде цIай.
Гьелъул хIасилалда террористазе рес къотIана балъгояб къагIидаялда гIемераб къадаралда гIадамал терактазде хIадуризе. Гьанже шибаб гьединаб къасд баянлъидал, байбихьудасанго зачистка гьабулеб буго».
Аммаила, тIаде жубалеб буго профессор Шелдон Саймоница, терроризмалъул хIинкъи тIубанго нахъ чIван бугин абизе кколарин, ва гьеб бугин гIицIго Цолъарал Штатазда цебе гуребги – тIолго дунялалда цебе бугеб проблемалъун.
ШС: «ГIемарал улкабаз терроризм потенциалияб хIинкъилъун рикIкIунеб буго. Мисалалъе босе Китаялда ва Совет Союзалъул рукIарал улкабазда ругел радикалиял бусурбабазул къукъабаз кьолеб хIинкъи. Гьел улкабазул хIукуматаз рехсарал къукъабазде данде антитеррористикиял тадбирал тIоритIула.
Гьадин абулаго, дица тIоцебесеб иргаялда гIадахъ росулел руго Китаялъул Синьцзян абулеб провинция, Россиялъул Шималияб Кавказ ва Централияб Азиялъул республикаби.
Цолъарал Штатазулгун лъикIал бухьенал ругел ГIагараб Машрикъалъул улкабазеги «Аль Къагидаялъул» рахъалъан хIинкъи гьанжеги щола. ПалхIасил тIолго дунялалда гьеб хIинкъи тIадегIанаб даражаялда хутIулеб буго жегиги».
Гара-чIвари гьабуна Вашингтоналда нижер радиоялъул мухбир Алан Давыдовас.