Туркиялъ Тарикъ Гьашими ГIиракъалде кьезе гьечIо

Тарикъ Гьашими, Анкара, 10Сен2012

Вице-президентлъун вукIарав Гьашимие гьев гьечIеб диваналъ чIвазе хIукму къотIун букIана ГIиракъалда гьатIан къоялда.
Туркиялъул премьер-министр Ражаб Эрдогъаница лъазабуна: «Гьашеми Туркиялъул гьоболлъун вукIине вуго гьесие бокьанагIан мехалалъ»,-ян.

Багъдадалъул диваналъ Гьашимида гьабулеб букIана жиндирго политикиял дандиял нахъе гьаризелъун «хвалил эскадронал» гIуцIиялъул гIайиб. ГIиракъалъул тIалъиялъ тIалаб гьабулеб буго гьесие экстрадиция гьабизе.
Живго Тарикъица диваналъул гьеб хIукму рикIкIунеб буго политикияб ва динияб кьучI бугеблъун. Тарикъ вуго сунитав, гIиракъалъул тIолабго абухъе хIукумат шигIитаздасан гIуцIун буго.