Пакистаналда лъим кIанцIидал хун вуго 78 чи

Пакистаналда ахирисеб лъабго къоялда жаниб рарал чIваххун цIадазул хIасилалда лъим кIанцIидал, официалиял баяназда рекъон, хун вуго 78 чи.
ГIадамал хвасар гьарулел чагIи хIинкъун руго хваразул къадар дагьабги цIикIкIине бегьиялдаса, щайгурелъул синоптиказул баяназда рекъон, цIадал жеги чанго къоялъ разе рукIун.

КIудияб зарал ккун буго улкаялъул шималиябгун-магърибалъул рахъалда гIорхъода бугеб Гьайбер-Пахтунхва провинциялдаги Кашмиралъул Пакистаналъул нухмалъиялда ругел мухъазеги. Пенджаб провинциялъул чанго мухъалда лъазабун буго гъорхъолъа борчIараб ахIвал-хIалал.