Багърам туснахъалда тIад контроль кьун буго бакIалъул къуватазухъе

Кабулалдаса шималияб рахъалдехун бугеб Багърам абулеб туснахъалда тIад контроль афгъанистаналъул къуватазухъе кьуна итни къоялда Цолъарал Штатаз. Гьенив жанив тIамун вуго лъабазаргоялдаса цIикIкIун тIалибав ва терроризмалда гIахьаллъиялъулъ щаклъи бугев чи.
Гьеб рикIкIунеб буго 2014 соналда халкъаздагьоркьосел къуватал нахъе рачиналде Афгъанистаналъул суверенитет щулалъиязубиялъулъ кIвар бугеб галилъун. НАТОялъул базаязул цоялда бугеб Багърам туснахъ афгъаналъулазухъе кьеялъул хIукму гьабун букIана исана март моцIалда.
БачIунеб март моцI щвезегIан гьеб туснахъ цIунизе буго америкалъул аскараз ва гьенир гьединго рукIине руго америкалъул гIакълучагIиги.
Январалда афгъанистаналъул цIех-рехалъул комитеталъ америкалъул аскариязда гьабун букIана Багърамалда жанир тIамуразе гIакъуба кьеялъул гIайибал. Февралалда гьениб лъачIого бухIун букIана чанго Къуръанги. Гьеб киналъго улкаялда протесталъул акциязде халкъ бахъинабунги букIана. Гьебго заманалда буго туснахъалда тIад контроль бакIалъул къуватазухъе кьуни гьенир шартIал дагьалги квешлъизе рукIиналда хIинкъиги.