ГIиракъалда зулмуялъул цIияб карачел

ГьатIан къоялъ ГIиракъалъул бакI-бакIалда анцIгогIан кьвагьи бахъана. Гьелъул хIасилалда 24 чи чIван вуго, анцI-анцIгоявги лъукъана.

11 аскарияв чIван ва анкьгояв лъукъун вуго Дуджайл абулеб бакIалда бугеб рагъулаб базаялде живго жинцаго чIвазе хIукму гьабурас тIаде кIанцIи гьабун хадусала.

Эн-Насирия абулеб шагьаралда бугеб парангазул консуллъиялъул минаялда цебе кьвагьизабун букIана жаниб бахчун тараб бомбагун автомобиль. Гьелъул хIасилалда кIиго чи лъукъун вуго.

Добго шагьаралда цойги автомобиль кьвагьун кIиго чи чIван вуго.

Кьвагьдари гьединго бахъана Киркук, Самарра, Басра ва Туз-ХIурмато абулел шагьараздаги