Диваналъ къотIи гьабуна Тарикъ аль-Хашеми чIвазе.

ГIиракъ -- вице-президент Тарикъ аль-Хашеми, 19Мар2012

ГIиракъалъул вукIарав вице-президент Тарикъ аль-Хашеми чIвазе къотIи гьабун буго Багъдадалъул диваналъ. Живго аль-Хашеми махIкамалъул данделъиялда вукIинчIо.

Гьев гьабсагIат Туркиялда вуго чIун. Туркиялъул хIукуматалъ цебеккунго лъазабун букIана жиндир хиял гьечIин Тарикъ аль-Хашеми ГIиракъалде экстрадиция гьавизе.

Суннитлъун кколев Тарикъ аль-Хашеми ГIиракъулъул премьер-президентасул хъулухъалда вукIана 2006 соналъул апрель моцIалдаса байбихьун 2011 соналъул май моцI швелалде.

Гьесде гIунтIизабулеб гIайиб – терактал хIадур гьари ва диванчагIи чIваялда хурхен букIин. Гьес гьел киналго гIайибал нахъ чIвалел руго.