Радио Эркенлъи (архив) Кабулалда цIияб кьвагьи Сентябрь 08, 2012 Кабулалда бугеб Апгъанистаналъул киноялъул минаялда аскIоб бахъараб кьвагьиялъ анлъго чи чIвана. Гьезда гъорлъ - лъималги. Гьебго бакIалда буго НАТОялъул командованиялъул штаб, Америкалъул Цолъарал Штатазул ва цогидал улкабазул вакиллъабиги.