Китаялда ракь багъарун буго

Китаялъул Юнань, Гуйчжоу ва Сычуань вилаятазда ракь багъарун 20-гоялдаса чи чIван вуго. ГIемерал гIадамал лъукъунги руго. Цо-цо баяналда рекъон тIубанго биххун буго 20 000 гIан рукъ. Ракь багъариялъул эпицентр тIатинабун буго Илян шагьаралда аскIоб.