Терроризмалде данде Пакистаналъул цIияб къанун

Пакистаналъул хIукуматалъ тасдикъ гьабуна терроризмалде данде чIараб цIияб къануналъул проект. Гьелда рекъон терроризмалъе гIарцул квер бакъи гьаби такъсирияб ишлъун рикIкIине буго.

Пакистаналъул тIадтаразул хIисабалда гьадинаб къанун къабул гьабуни хисила сурав босиялъул ва цIех-рех гьабиялъул къагIидаби. Щибаб соналъ Пакистаналда кколел руго терроризмалда хурхен букIиналда шаклъи бугев нус-нус чи.