Пакистаналъул тIадтараз улкаялдасан къватIире инарулел руго «Лъимал хвасар гьари» абулеб гуманитарияб гIуцIиялда хIалтIулел къватIисел улкабазул гражданал.
Рехсараб гIуцIи Пакистаналда гьале 30 соналда жаниб хIалтIулеб буго. Сундухъ гьединаб хIукму гьабун букIарабали тIадтараз лъазабулеб гьечIо амма цо-цо мухбирзабазул баяназда рекъон гьелъие гIиллалъун ккун батила Усама бин Ладен чIвазелъун Цолъарал Штатазул хасал хъулухъчагIазе къватIисел улкабазул хIалтIухъабаз кумек гьабиялда баккараб щаклъи.
ТIадехун рехсараб гIуцIиялда хIалтIулеб буго Пакистаналъул 2000-гIан гражданинги.