ЛъабкъогогΙанав россиялъуласе нух къалеб буго Британиялде

Лондоналъул Sunday Times газетаялъул лъазабиялда рекъон, Британиялъул жанисел ишазул министр Тереза Мэйица буюр кьун буго россиялъул 60 гражданасе Британиялде нух къаялъул, гьезул Hermitage Capital абураб фондалъул юрист Сергей Магницкий Москваялъул СИЗОялда хвеялде хурхен букΙине бегьиялда бан.