Венгриялде данде протесталъул акцияби тІоритІулел руго Ереваналда

31 август 2012. Ереван. Армениялъул президент Серж Саргсяница лъазабулеб буго Венгриялъулгун дипломатиял бухьенал къотІизарулел рук1иналъул хІакъалъулъ.

Венгриялъ армениялъул офицер чІварав Рамиль Сафаров азербайджаналъул нухмалъиялъухъе кьеяллде данде протесталъул акцияби тІоритІулел рукІана шамат къоялда Ереваналда.

Цебесеб къоялъ гражданиял хІаракатчагІаз венгриялъул дипломатияб вакильлъиялъул минаялда речІана помидорал, шамат къоялда - бухІана венгриялъул байрахъ. Акциялъул гІахьалчагІи ахІдолел рукІана «Венгрия, давай, досвидания!» абун.

Венгриялъулгун дипломатиял бухьенал риххизарулел ругин лъазабурав армениялъул президент Серж Саргсяница буюр кьуна Гъарабахалъул суал рукІалиде бачиналъул ОБСЕялъул Минскаялъул къокъаялъул нухмалъуда ругел пачалихъазул президентазухъе протесталъул хитІаб хІадуриялъул.

Венгриялъ лъазабулеб буго, Сафаров жидеца кьунила, гьесие венгриялъул диваналъ бихьизабураб кинабго гІумруялъул туснахъалъул тамихІ Азербайджаналда халат бахъинабизе букІиналъул гарантия Бакуялъ кьолеб букІиналда банила. Амма президент Ильгьам ГІалиевас офицер ватІаналде щваравго эркен гьавунила.