Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъ ахΙулел руго сириялъулазе гуманитарияб кумек цΙиккинабиялде

Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъ халкъазда гьоркьосеб жамгΙияталде ахΙи балеб буго, сириялъул гражданазе гьабулеб гуманитарияб кумек цΙиккинаби гьарун. Гьединаб лъазаби Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул Генералияв секретарь хисулев Ян Элиассоница гьабуна хамис къоялда ХΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалде гъорлъе унел улкабазул къватΙисел ишазул министразул данделъиялда. Гьес гьединго лъазабуна Сириялда хΙинкъигьечΙолъиялъул зонаби гΙуцΙиялда хурхарал церелъеяз «кΙвар кΙудиял суалал» раккизарулел ругила ва гьезул щвалде щвараб цΙодорго хал гьабизе кколин.

Гьеб данделъиялда гΙахьаллъун гьечΙо Цолъарал штатазул, Россиялъул ва Китаялъул вакилзаби. Цо-цо экспертаз риккунеб буго, гьеб кколин ХΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалда сириялъул конфликт рагΙалде бахъинабиялда хурхун пикраби дандеккунгутΙиялъул кризисалъул ишараян. Цебе гьеб гΙуцΙиялъул хъачΙаб къагΙидаялда Асадил режим какулеб лъабго резолюциялъе нух къараб Россиялъ улкаби ахΙулел руго Дамаскалде данде гьарулел санкциябаздасан инкар гьабиялде. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазубуна Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялда россиялъул официалияв вакиль Виталий Чуркиница.