Ленинкенталда чΙван вуго кΙиго экстремист

Рузман къоялда Ленинкенталда чΙван вуго кΙиго экстремист. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулеб буго дагъистаналъул низам цΙунулел идарабаз. Гьезул информациялда рекъон, гьел рукΙараб рукъ сверун ккун буго. Кверде рачΙаян гьабураб тΙалабалъе гьез кьвагьдеялъул къагΙидаялда жаваб кьун буго. Гьелда хадуб гьел тΙагΙинарун руго. Гьел рахчун рукΙараб рукъуб батΙун буго жидецаго гьарурал кьвагьулел алатал. Низам цΙунулезул рахъалда хварал ва зарал ккарал гьечΙо.