Киевалда "букъана" украиналъул диваналъул система

Юлия Тимошенкода хурхун къотΙун букΙараб тамихΙалъул хΙукму арбагΙ къоялда Украиналъул аппеляциялъулаб диваналъ хисизабичΙого тун букΙиналда бан, экс-премьералъул адвокатаз анкьалъул ахиралде гΙарза кьезе буго Европаялъул инсанасул ихтиярал цΙунулеб диваналде. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна адвокат Сергей Власенкоца.

Тимошенкол рахъ ккураз арбагΙ къоялда Киевалда тΙобитΙана украиналъул диваналъул системаялъул символикияб букъи. Гьез ТΙадегΙанаб диваналъул минаялда аскΙоб хабалъ лъуна Фемидаялъул гьитΙинаб статуя. Цебесеб соналъул хаслъихълъиялда диваналъ Юлия Тимошенкое, премьер-министрасул хъулухъалда йикΙаго, Россиялъулгун газалъул контрактал гъолбасулеб мехалда, тΙадкъаязул гΙорхъаби тун галаби гьариялъул гΙайиб гΙунтΙизабун, бихьизабуна диваналъул 7 сон.