Гъалгъазул республикаялъул Малгобек мухъалда хасаб операция тΙобитΙулеб мехалда тΙагΙинавун вуго ункъго экстремист, кΙигояв квердеги восун вуго. Республикаялъул бетΙер Евкуров Юнус-Бекица лъазабухъе, чΙваразул хурхен букΙун буго 19 августал полициялъулав вукъулеб мехалда гьабураб теракталде. Гьелъул хΙассилалда хун вукΙана микьго чи, лъукъана 15.