Дамаскалда сириялъул оппозициялъул рахъ ккураз бортизабун буго тирело

Итни къоялда сириялъул оппозициялъул рахъ ккураз бортизабуна хΙукуматалъул рагъул къуватазул тирело. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна пачалихъияб телевидениялъ. Лъазабиязда рекъон, сириялъул тахшагьаралда аскΙобехун оппозициялъулаздаги Башар Асадил режима цΙунулездаги гьоркьор унел рагΙула кьварарал тунка-гΙусиял. Сириялъул президентас лъикΙаб къимат кьуна улкаялда конфликт рагΙалде бахъиялъе план хΙадуриялъе Ираналъ кьолеб хΙаракаталъе. Гьеб планалъул мухΙканлъиял рехсолел гьечΙо. ГьатΙан къоялда раккана лъазабиял Дамаскалда аскΙорехун чΙварал гΙадамазул 320 жаназа батиялъул хΙакъалъулъ. Инсанасул ихтиярал цΙунулез лъазабулеб буго, гьел кколила Дераа шагьаралда хΙукуматалъул къуватаз гьабураб рагъулаб операциялъул къурбаналила. Гьениб анкьида жаниб хун вуго активистазул 600-ялдасанги цΙиккун чи.