Чехиялъул циганазул цо хъизан-кулпаталъул ункъго гIел

Прагаялъул Жижков абулеб бакIалда бугеб Цинаясул хъизаналъул мискинаб азбар буго Чехиялъул берцинаб тахшагьар бакьулъ.

Анлъго чи вугеб хъизамалъ рукIа-рахъин гьабулеб буго лъабго рукъалъулаб минаялда. Бищун гьитIинасе тIубан буго 5 сон, бищун кIудиясе - 82. Къоялъго рукъ чIобого букIуна, къаси мехалъ хъизам бакIарула столалда нахъа.

Анлъго чи вугеб хъизамалъ рукIа-рахъин гьабулеб буго лъабго рукъалъулаб минаялда. Бищун гьитIинасе тIубан буго 5 сон, бищун кIудиясе - 82. Къоялъго рукъ чIобого букIуна, къаси мехалъ хъизам бакIарула столалда нахъа.

Рудольфги гьесул яц Марцелаги жидерго гьойгун. Гьел лъимал эбел-инсуца тун хадусала  гьезул инсул эбел Янаца гьел рачун руго хьихьизе. 

Рудольфица абулеб буго жиндир анищ бугин аскариязул бетIерлъун вукIине.

Гьонза Вастаг – Янил ва Эмилил цогидав васасул вас. Гьев ризго вачIулаан гьоболалъухъе.

ГьитIинав Эмилиеги Рудольфиеги цIакъ бокьула футбол хIазе.

Янаги гьелъул рос Эмильги. КIиго соналъ цебе ракI унтун сакъатлъарай Янае гьанже пенсия щолеб буго.

Эмиль-кIудияв жиндирго гитара рекъезабулеб буго. Эмиль ккола бакъанчи.  Ункъго цогидав бакъанчигун цадахъ анкьида кIиго-лъабго нухалъ гьес концертал кьола. «Benga Show» абулеб  гьесул къукъаялъе цIакъ тIадегIанаб къимат кьун буго Чех

Нацистаз циганал тIагIинарулел рукIаниги, гьезул цо-цояз Алманиялъул армиялда хъулухъ гьабулеб букIана. Словакиялда аскарияб хъулухъалде ахIун вукIарав Густа Цинаца хадуб багъарараб рагъда нацистазул рахъ кколаан. Гьев ккола Марцелал кIудаинсул эмен.

Тухумалъул бищун гIолохъанав ва бищун кIудияв камералда цере цадахъ чIун руго. Ян Батые тIубана 82 сон.
 

Бох  гIайиблъарав Ян Батыйица бихьизабулеб буго 15 соналъ цебе бахъараб жиндирго сурат. «Доб мехалда дие гIураб къадаралда гIарац щолаан ва дун вукIана унго-унгояв руччабазул ухIума.  

Ян Батыйица абулеб буго гьанже цохIого цо кеп хутIанин жиндие – хъалиян бухIи ва араб гIумрудул ракIалдешвеялин.