Amnesty International абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъазда гьоркьосеб гIуцIиялъ лъазабуна, Greenpeaceалъул экологазде гIунтIизабулеб пиратчилъиялъул гIайибалда гъоркь чIван къотIун кинабгIаги кьучΙ гьечIин ва Мурманскалда загьирлъулеб сценарий кколин диваналъул системаялде пародияйин. Гьеб гIуцIиялъ абулеб буго, экологиял хIаракатчагIагIи гIахьаллъанин гIицIго ракълилаб протесталъул акциялда.
Россиялъ "Арктик Санрайз" гамаялъул командаялде гIунтIизабулеб гIайибалда хурхун рази гьечIолъи загьир гьабуна Greenpeaceалъул бетIер Куми Найдуца.
Куми Найду: «Пиратчилъиялъул гIайиб гIунтIизабулеб буго бихьиназдеги руччабаздеги. Гьезул цого-цо «гIайиб» ккола яхΙ-намус загьир гьаби. Гьелъ цIакъ цIим бахъанабула ва гьеб ракълилаб протесталъул принципазде гьужум гьаби гурони, цоги къагIидаялъ гьелде кин абилеб дида лъаларо. Гьел гIадамал пиратал ругин абураб гIайиб ккола абсурд ва гьелдаса ракΙ къала. Гьелъул кинабгIаги магIна гьечIо ва гьелъул мурадаги ккола ниж хIинкъизари ва нижер гьаракь къинаби. Амма ниж хIинкъизаризе кIоларо.»
Итни къоялда Россиялъул цIех-рехалъул комитателъ лъазабуна, «Greenpeaceалъул» активистал такъсирияб жавабчилъиялде гъоркье рачине ругин, гьез «Приразломная» абураб нарт бахъулеб платформаялъул хIалтIухъабазул хIинкъигьечIолъи хвезабиялда ва гIорхъаби цIунулезде дандечIей гьабиялда хурхунин.
«Greenpeace Интернешнл» гIуцIиялъул адвокат Ирина ГIисакъова: «Узухъда пиратчилъиялъул гIайибалъе гьечIо хIакъаб багьана, гьечIо далилал. Гьединаб гIайиб гIунтIизабизе ккани, рукIине ккола гIурал далилал. ЦIе-рехалъ далилалин абун загьир гьарулел аргументалги данде кколаро. Щайгурелъул гьел ракIарана къануналде данде колареб къагIидаялъ. Мисалалъе, гIемерисел ккуна адвокат гьечIеб бакIалда. ЦIех-рехалъул ва диваналъул къануналде данде кколарел галабазда хурхун гIарза хъвазе буго.»
Итни къоялда цIех-рехалъул вакилзабаз загьир гьабураб версиялода рекъон, "Арктик Санрайз" гамаялдаса гIадамаз цадахъ сундуе къваригIунебали лъалареб аппаратураялъул кIудияб къадаргун хвезабуна «Приразломная» платформаялъул 500 метраялъул хIинкъигьечIолъиялъул гIорхъи. ХIинкъи гьечIеб манзилалде нахъе руссиналъул тIалабалде гIенеккичIо. Расабазда платформаялде аскIореги рачIун, хасал алаталги хIалтIизарун, гьез хIалбихьана гьелде тIаде рахине. Къануналде данде кколарел галаби гьабиялдаса инкар гьабиялъул нухмалъиялъул тIалабал хадурги гьез тIуразаричIо. Гьеб гIечIогоги, гьез гIамал гьабулеб букIана гIорхаби цIунулезул расаялъул таран гьабизе. Гьедин бихьизабулеб лъугьа-бахъаралъул официалияб версия Россиялъул цIех-рехалъул комитеталъ жиндирго сайталда.
«Greenpeaceалъ» нахъ чIвалеб буго гьезул цIер бекизабулеб гамаялъ нарт бахъулеб платформаялъул 500 метраялъул хIинкъигьечIолъиялъул зонаялъул гIорхъи бахи. Гьеб зонаялде жанире анин гIицIго пунцолел расаби. Гьездасайин абуни, гьедингIанго кIудияб платформаялъе кинабгIаги хIинкъи букIинчIин, лъазабулеб буго халкъазда гьоркьосеб экологияб гIуцIиялъ.
ТIолабго дунялалда хал ккун буго Greenpeaceалъул хIаракатчагIазда сверун лъугьа бахъунелда хадуб. Гьеб гIуцIиялъул хIаракатчагIаз батIи-батIиял улкабазда тIоритIулел руго протесталъул акцияби. Гьез жидедего батIи-батIия къагIидаялда кIвар буссинабулеб буго. Мисалалъе талат къоялда Чемпионазул лигаялъул футбол унеб мехалда гьез гьоркьоб къотIизабуна швейцариялъул «Базель» ва Германиялъул «Шальке» командабазда гьоркьоб матч. Активистаз стадионалда тIад лъуна «Арктика чурук гьабуге!»абураб магIнаялъул баннер. Гьеб акция букIана россиялъул «Газпромалда» тункIизабураб, «Приразломная» гьелуъул платфорама букIиналда ва Газпром «Шалкеялъул» спонсор букIиналда бан.
Greenpeaceалъул активистазда хурхун бугеб ахIвал –хIалалъе протест загьир гьабулаго Венаялда тIобитIулеб добго Газпромалъул суратазул коллекциялъул экспозициялдаса жиндирго хIалтIаби нахъе росун руго суртатал хъвалев Леонид Тишковас.