ГΙахьаллъизе йигищ Мехрибан ГΙалиева рищиязда яги гьечΙищ? Гьелдасанги кΙвар кΙудияб суал, къваригΙараб галиго бугищ гьеб гьелъие? Гьел суалал гьанже руго гΙемерисел гΙадамазул бутΙрузулъ Азербайджаналда, хасго 48 сон барай Мехрибан гьанже нухмалъуда бугеб росасул партиялъул кΙиабилей хъулухъчΙужулъун йищун йикΙиналъги. Цо-цоязда гьеб бихьулеб буго президентасул посталда жиндирго росс хисиялъе гьабулеб гали хΙисабалда. Жалго рищиялин абуни, рукΙине ккола октябралда.
«Демократияб Азербайджаналъул дунял абураб» партия ккола нухмалъиялъул рахъ ккураб гьитΙинабго гΙуцΙи. 2Ι июналда гьелъ лъазабуна, Мехрибан ГΙалиевалъул кандидатураялъул цебелъей гьабулеб бугин президентасул рищиязда гΙахьаллъиялъейин. Амма хадуб гьеб партиялъ гΙамал гьабуна гьеб инициативаялдаса нахъе къан чΙезе, гьеб кколин жидедаса батΙалъараб фракциялъул инициативаянги абун.
Нагагьлъун Мехрибанил кандидатура хΙакъикъаталдаги лъолеб батани, гьей йикΙине йиго «ЦΙияб Азербайджан» абураб партиялъ лъабабилеб болжалалъе кандидатура рехсарав 5Ι сон барав росс Ильгьам ГΙалиевасул конкурент.
Оппозицияб «Миллияб мажлисалъул» гΙахьалчи аналитик Зафар Гулиевас абулеб буго, гьедин хехаб къагΙидаялда гьелъул кандидатура загьир гьаби кколин ГΙалиевалъул шансазул даража баянлъизабиялъе гьабураб галиян. Гьеб кинабго унеб бугин Бакуялда политикияб элитабазул конкуренция къувалъулеб фоналдайин.
Зафар Гулиев: «ЦΙияб Азербайджан» партиялъул аслияб данделъиялда хадуб гьезие бокьана нухмалъиялъиялда хутΙиялъе жидеего альтернативаби ратизе. Гьезие бокьун буго жамгΙияб пикру баянлъизабизе, хΙукматалъул реакция лъазе.»
Нухмалъи Ильгьамидаса Мехрибан ГΙалиевалъухъе ине бугеб рес загьирлъарабго цо-цояз ракΙалде щвезарулел руго Ильмеда Маркосидасаги Гьиллари Клинтонидасаги байбихьун аргентинаялъул президент Нестор Киршнеридаса 2007 соналда улкаялъул нухмалъи гьесул лъади Кристина Фернандес де Киршнериде свериялде щун мисалал.
Хъизаналъул интересал тΙиритΙун руго гьанже гьединго жийго Мехрибанил Пашаевазул тухумалдеги. Гьез президентасулгун ругел бухьеназдаса пайда босун цΙикΙкΙинабулеб буго жидерго политикияб къуват ва кΙудияб бечелъи.
Зафар Гулиевасул рагΙабазда, Пашаеваз цебего нух бахъулеб буго Азербайджаналъул нухмалъиялъул тогьалде. Гьезни 2008 соналдаго гΙамал гьабулеб букΙун буго Мехрибан президентасул хъулухъалде амбицияби загьир гьаризеян.
Зафар Гулиев: «Доб мехалда гьединаб инициатива чΙезабуна. Гьеб гьабун батизе бегьула жибго хъизаналда жаниб, яги хΙукуматалъ. Амма гьелда хадуб Мехрибан ГΙалиева ва Пашаевал киналго рахъаздаса къувалъана – экономикияб, гΙарцул рахъаздасан. Дица абулеб буго гьезул асар цΙикΙинабиялъул ресазул. Дир пикруялда, гьез цойги хΙалбихьи гьабулеб буго. Гьанжеги гьеб инициатива рагΙалде бахъинчΙого хутΙизеги бегьула. Амма гьаб нухалда ситуация батΙияб буго.»
Живго Ильгьам ГΙалиевас цогΙаги нухалда щибниги абичΙо хъазаналда президентасул тахалда сверун кьеркьей унеб букΙиналъул хΙакъалъулъ.
Ильгьам ГΙалиевасе Конституциялъ рес кьолеб буго лъабабилеб балжалалъги кандидатура лъезе. Амма гΙемерисез рикΙкΙунеб буго лъабабилеб болжал тΙадеги авторитарияб букΙине бегьулин. Руго пикраби, ГΙалиевас, нухмалъиялъул элитаялъ жиндир рахъ кколеб гьечΙеблъи бихьарабго кьеркьеялдаса цинтΙаго инкар гьабизе бегьулин абуралги.
Жиндирго россасде дандеккун Мехрибан ГΙалиевалъул буго Азербайджаналъул академикиялгун интеллектуалиял къокъабазулгун цΙикΙкΙарал бухьенал. Гьей гьединго стратегияб рахъалдасанги асар кΙудияй кандидатлъун яхъине бегьула, хасго оппозициялъул нухмалъуде машгьурав кинорежиссер Рустам Ибрагьимбеков вачΙун вукΙин ракΙалде босани.
Амма гьелдаго цадахъ тΙубанго бихьулеб гьечΙо, кин Азербайджаналъ къабул гьайизе йигей чΙужугΙадан улкаялъул аслияб хъулухъалда. Суал хутΙулеб буго гьединго, хΙадурай йигиш искусствоялъул ва рахΙму-цΙобалъул ишазда йигей, бечелъиялъулъ чурдолей ГΙалиева щибаб къойилаб политикияб гΙумруялде? абураб.

ГΙариф Кязимов, Дейзи Синделар (ЭР)