Журналистка Зарема ХIасановалъ Фейсбукалда «Дагъистаналъул журналистал» абураб жиндирго группаялда хъвалеб буго гьел лагъзал кколарин, кванихъ хIалтIулел чагIи рукIанин. «Дир хIисабалда бокьараб мехалда ине бегьулев чи лагъ кколаро» - абун рикIкIунеб буго гьелъ. ПатIимат НасухIова абурай блогералъул пикруялда рекъон, кодоса документал рахъарал чагIи лагъзал ккола. «ГIарацги гьечIого, документалги гьечIого, чияр ракьалда мугIрузда ругел чагIи кире инел, хIинкъун рукIун ратила», абун хъвалеб буго гьелъ. «Щибаб нухалъ лъутизе къачIарал чагIи къаси гьекъолел рукIун руго ва гьенирго хутIулел рукIун руго. Гьел чагIи ккола гьекъолеб жоялъул лагълъуда ругел чагIи, киналгIаги гIадамаз кIоларо гьел жидее бокьичIого гьенир чIезаризе» - абун хъвалеб буго Мекеги росулъа Рустам Ражабовас.
Камулел гьечIо гьеб кинабго журналистаз ва цогидаз жидеего рецц букIиналъе гIоло гьабулеб бугилан рикIкIунелги. Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул доцент МухIамаддадаев Амирханил пикруялда рекъон, журналистаз гьенисан гьабураб репортажалъухъ балагьарабго гьел чагIи лагълъуда рукIараб хIисаб буго.
МухIамаддадаев Амирхан: «Дир хIисабалда ратила гьел чагIазда гъорлъ гIумруялъул тIинде ккарал, гьекъолеб жоялъул гурони пикру гьечIел гIадамалги. Гьединго ратула хIалтIи кьолеб бугилан бицарал харбаздаги божун жидерго хъизамалъе чед балагьизе рачIаралги. Амма кин бугониги, харжги кьечIого, кодоса документалги росун, зулму гьабун гьенир гьел гIадамал чIезари, дир ракIалъ босулареб жо буго. Гьанже гьениса суратазул хал гьабурабго, гьел чагIаз гIумру гьабулеб ва гьел хIалтIулеб бакI бихьарабго ва гьез абулеб жо битIараб батани, гьеб жоялда лагълъи гьабизе тIамун ругилан абизе бегьула».
Гьев вукIана Пачалихъияб университеталъул доцент МухIамаддадаев Амирхан.
Цо-цоязул пикруялда рекъон, лагълъудаса эркен гьарун гьечIо гьел, хIалтIудаса эркен гьарун руго. «Гьанже гьанисан рокъоре ритIарал гьел гIадамал нахъойги жидерго гьекъолеб пишаялде руссине руго, хадурккун цогидаз ричун росизеги руго», - абун хъвалеб буго блогер Саид Саидовас. «Щиб гьез гьабуниги, кире аниги гьеб букIине буго гьез жидецаго тIаса бищараб къисмат. Гьел гьединал ругилан нилъеца гьезда тIад зулму гьабизе бегьилищ?» - абун цIехолеб буго цоги блогерас.
Рузман къоялъ МахIачхъалаялда бараб чваххунцIадалъул хIасилалда киналго къватIал лъел цIуна. БакI-бакIазда тукабазе, рукъзабазе жагъаллъаби ккана. Блогосфераялда гьеб темаялда тIасан гIемераб гара-чIвари унеб букIана. Аслияб къагIидаялъ гIайибал чIвалел рукIана шагьаралъул администрациялда
Руслан Акаев абурав блогерасул пикруялда рекъон, гIайиб буго бокьа-бокьаралъу
Гьединал рукIана гьаб анкьалъ Дагъистаналъул блогосфераялда гьоркьор лъурал аслиял суалал.