Ссылки для упрощенного доступа

Рокьи ккаразул къо


Узбекистаналда Валентинил къоялде хlадурараб игlлан "Тlаса лъугьа, Валентинил къо дие кколаро, дун бусурманчи вуго",-ян хъван буго гьелда, Ташкент14Фев2014.
Узбекистаналда Валентинил къоялде хlадурараб игlлан "Тlаса лъугьа, Валентинил къо дие кколаро, дун бусурманчи вуго",-ян хъван буго гьелда, Ташкент14Фев2014.

Дунялалъул гIемерал улкабазда 14 февралалда кIодо гьабула мунагьал гьечIев Валентинил яги киналго рокьи ккаразул абулеб къо. Гьеб хурхинабулеб буго лъабабилеб гIасруялъул ахиралда Рималъул империялда христианал хIалхьиялда толел рукIинчIеб мехалда рокьи ккаразда жидерго къагIидаялъ балъго магьари лъолев вукIарав кашиш Валентинил цIаралда. Левада централъул баяназда рекъон, Россиялда рокьи ккун рагIула щибав кIиабилев чиясул. Гьебго заманаялда Узбекистаналда студентазе гьукъун буго гьеб къо кIодо гьабизе. Кинаб бербалагьи бугеб гьеб къоялдехун Дагъистаналда?

14 февралаль къоялъ гIолилазе рес щола цоцазухъе рокьул рисалатал ритIун, рекIелъ йосарай ясалда ялъуни васасда ракIалда бугеб бицун кIалъазе. Нижер мухбир Юсупов Ашаханица цIех-рех гьабуна Дагъистаналда гьеб къо кинаб къагIидаялъ гIолилаз кIодо гьабулеб бугеб абураб суалгун.

Мунагьал гьечIев Валентинил къо абун официалияб куцалъ гьеб байрам цебегоялдаса кIодо гьабулеб бугоаниги Россиялда гьелъие альтерантива хIисабалда цогидаб къо лъазабуна байрамлъун 2008 соналдаса нхъего Хъизаналъул къо абураб къо кIодо гьабизе байбихьана. Амма кин бугониги гIезегIан соназ кIодо гьабулеб байрам бугелъул Валентинил къоги баркулеб бугин гIадамаз цоцаздаян абураб баян къватIибе социалиял сетазда рузман къоялъ

«Эркенлъиялъ» цIех-рех гьабуна Дагъистаналда гьеб къо кинан гIолилаз кIодо гьабулеб абураб суалалда тIасан. РикIкIуниш дуца Валентинил къо байрамлъун ва КIодо гьабизе кколищ гьеб къо Дагъистаналда? - гьеб кIиго суал кьуна нижеца гIолохъанаб гIелалъул гIадамазе

ЦIех-рех тIобитIана Каспийск ва МахIачхъала шагьаразда гьоркьоб.

БачIинахъего абун тела киназулго жавабал рукIана цоцазда релълъарал ва цIех-рех тIобитIаразда гьоркьор дагьалго гурони рукIичIо Валентинил къо байрамалъун рикIкIунел гIадамал.

Нижеца тIасабищун нижеца кьоеб чанго чиясул пикру

МухIамад, 25 сон «Дида щибниги магIна бихьуларо гьеб байрамалъул лъиениги батизеги бегьила гьелъул кIвар дие гьечIо, дие гьеб буго гIадатияб цогидалго гIадаб къо. Рокьи ккаразул къойлан абун цо цIекIал жал хIалел рукIуан гIадамал, дица гьелъул рахъ кколаро. Гьеб гуребги щай цоцазе сайгъатал кьезе кинаб бугониги хасаб къо тIасабищизе кколебалиги бичIчIуларо.

Милана, мед кколледжалъул студентка, 19 сон «Бугоха гьединаб къо, рокьи ккаразул къойин абулаха, букIа абеха. Щай бегьулареб гьеб кIодо гьабизе. Щибниги гьелда дандечIараб жо гьечIо дир.

Духъе рачIаниш исана рокьул кагътал?

РачIана (елъулаго). Дицаги щибниги ракIхъублъи гьечIого къабул гьабуна гьел. Риччанте рикьизе. ЦохIо бусурбабазул байрам гурони нилъер гьанир ракIразиго кIодо гьарулароха гьединал къоял. Амма цоцазухъ рокьи ккарал гIадамазги, росгун чIужуялъги щай бегьулареб гьеб къо кIодо гьабизе?

Каспийскалда гIумру гьабун йигей, насранияб диналдаса кколей Маринаца гьадинаб пикру загьир гьабуна «Эркенлъиялъе Валентинил» къоялда тIасан.

Марина: «БитIараб бицани кIодо гьабуларо дица гьеб байрам, щайгурелъул гьеб нилъер байрамцин гуро, дагъистаниязулни кин гурин гьеб букIунеб, нижер насраниязцин гьеб рикIкIуна чияраб байрамлъун. Дора католиказул ракьалдаса бачIараб жо буго гьеб. Мунагьал гьечIев Валентинил къо абун бачIана гьеб къо тарихалде, амма гьединаб даража гьев чиясул букIиналдаги дун божуларо. Бахчиларо школалда цIалулеб мехалъ дихъеги дир гьудулзабехъеги ритIун рачIунаан валентинкаби абурал рокьул кагъатал, цоязда тIад елъун, цоял гIад-хочI гьарун гьабун толаан гьезие жавабги. Гьанже дун хъизан рукъалдеги юссана, росасги дида гьеб байрам баркуларо, баркун диеги хIажат гьечIо, гьелъул бакIалда дицаги росасги кIодо гьабула ниж кIиязулго лъай-хъвай ккараб къо -12 февраль».

Мурад 22 сон «Дир пикру буго гьадинаб, гьелъул рахъги кколаро, дандечIунги гьечIо гьеб кIодо гьабиялда. Гьоркьоб бакIалда вуго дун».

Ренат, 28 сон: «Я 23 февраль гуреб, я микьабилеб марталда релълъараб гуреб цо щакаб байрам бугоха гьеб, гьанибеги Италиязул ракьалдаса бачIараб, дида лъалеб бакIалдаса гIебеде жалго насраниязцин гьеб байрамалъул рахъкколеб гьечIо. ЧIванкъотIун гьеб кIодо гьабизе бегьулариланги абиларо дица. Студентазе интерес батила гьелъул, амма дун гьеб ригьалдаса анна».

ТIугьдул ричулеб тукада хIалтIулей йигей Джамиляда нижеца гьикъана Валентинил къоялъ тIугьдул ва гьеб къоялде хас гьабун къватIире риччарал, ясазе кьолел сайгъатал росизе рачIунел гIолилал цIикIкIун рукIанищан, жеги цогIаги чи вачIинчIилан мукIурлъана гьейги

Джамиля, йичарухъан: «Цере рукIарал къояздаса батIияб букIинчIо гьаб къо дие йичарухъан хIисабалда. Гьале радалго яхъун батIи-батIиял кьеразул тIугьдузул квацIаби хIадур гьаруна гьаб къоялеянги абун. Гьединго рокьи ккун букIин загьир гIаламатал тIад ругел батIи-батIиял сайгъаталги руго кьералда сокIкIун дудаго рихьулел, амма гьале рогьаралдаса нахъе цо гIадан ваккичIо жеги къойин абуни бакъаниде гIагарлъулеб буго. КIодо гьабуларо нилъер гьаниб гьеб къо. Бусурбабазул байрам гурони халкъалъ цогидал байрамал рикIкIунел гьечIо».

Нижеца цIех рех гьабуразда гьоркьор дагьал ругониги рукIана Валентинил къоялъ тира-сверизе рахъарал гIолилал васаялги ясалги. Ясазул цо-цоязухъ тIогьал квацIиги бугоан. Амма Валентинил къоялда тIасан бугеб пикру бицинарищан ниж аскIоре гIагарлъидал лъикIаб къо бугилан нечараб гьимиги гьабун рикIкIалъизе гIамал гьабуна гьез.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG