Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналъул вице-премьеразулгун рихьундерил дандчIвай


Басрияб Рихьуни
Басрияб Рихьуни

30 соналъ хадуб бехъерхъизабулеб бугеб жидер рецIалил гIарцул суал тIубачIого лъимал школалде риччаларинлъугьарал рихьундерил гIадамалгун дандчIвана 4 сентябралда Дагъистаналъул хIукуматалъул кIиявго вице-премьер Юсуп Джафаровги ХIасан Идрисовги.

Гьеб ккола пачалихъалъ рихьундерил ракьалда лъел электростанция базелъун лъелъ гъанкъизарурал ракьазухъ компенсациякьун рагIалде бахъинабунгутIи. Гьедин рихьундерилги гьезда мадугьалихъ бугеб Унсоколо мухъ чанго росдалги гIадамал лъугьун рукIана исана ихдал гьениб кIудияб митинг гьабизеян. Амма хIукуматалъул вакилзабаз гьарун чIана гьел, митингалъул бакIалда кIудияб данделъиги тIобитIун. Гьеб мехалда гьениве вачIун вукIана МугIрузул мухъалда Дагъистаналъул нухмалъулев тарав вакил Ибрагьим Ибрагьимовги. Амма гьесдаса хадубги щибго ахIвал-хIал хисичIин бицана бакIалъул гIадамаз ЭР-ялъе.

ПалхIасил, щибаб нухалда митингал гьаризе, яги цогидал акциял гьаризе жал лъугьунел рукIин лъайдал, лъикIаб-тIокIабги бицун жал гьелдаса руссинарулин тIалъиялъин абуна гьез. Гьедин гьел гьаб нухалда лъихъниги гIенеккичIого, лъимал школалде ритIиларин чIана. Гьеб мехалда тIалъиялъул чагIи рачIана жидеца нуж гьаб анцIго къоялда жанир Дагъистаналъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдусамад ХIамидовгун дандчIвазе гьарилин, гьеб заманалде щвезегIан цин гьесул вице-премьералгун кIалъайин абун.

Гьелги кIалъана. Гьелдаса хадуб жидер суал тIубалин абураб цо кинабалги божилъиги бижун бугоан рихьундерилъ. Гьедин бицана ЭР-ялъе гьеб дандчIваялда вукIарав жамгIияв хIаракатчи МухIамад ГIалихIажиевас. Байбихьуда цо дагьа-макъаб бичIчIунгутIиги букIанила.

МухIамад ГIалихIажиев: «Масала, Джафаровасда бичIчIулеб букIинчIо «прирост» абураб рагIул магIна. Компенсация щвезе кколев 500-ялда хадув чи вугин тIаде вачIаравин хъвалеб буго документазда. Нижеца гъосда бичIчIизабуна, масала, дие гIарац щвезе кколеб заманалда дие гьебги щун гьечIин, гьединго гьеб заманалда жаниб дир вас, яги яс рукъалде руссун ругин, гьединлъидал гьезиеги щвезе кколин гьанже гьебилан. Вагь, гьедин батани, нужее гIарац кьечIого тараб лъикI гьечIищила жеги-жеги цIиял хъизанал гIезегIанилан абуна гьес. Гьеб мехалда дица гьесда бичIчIизабуна I37 абилеб къануналъул магIна».

Пачалихъиялги жамгIиялги хIажалъабазе гIоло гIадамазухъа ракь нахъе босулеб бугони, гьелъул бетIергьанасеги гьесул хъизаналда ругелщинал чагIазеги рукъзал разе кколин хъвалеб буго Россиялъул гражданияб кодексалъул къануналда. Гьединлъидал гьелда рекъон, лъел электростанция базе лъугьарабго, 30 соналъ цебего бецIун бахъинабун букIарабани гьеб гIарац, гьанже жидер киналгIаги тIалабал рукIунароанин абун буго рихьундерица хIукуматалъул вице-премьеразда.

МухIамад ГIалихIажиев: «Щибха гьабилеб? Нижеца абулеб гьечIо къанунги хвезабун, нижее жо кьейилан».

ЭР: «Нужее хIукуматалъ жеги кигIан кьезе кколеб?»

МухIамад ГIалихIажиев: «СияхIалда буго азаралда хадув чиясул цIар. Гьезда гьоркьоса щунусго чи вуго тIаде вачIарав (компенсация щвечIел чагIазул лъимал рукъалде руссун хадур цIираккарал гIадамал). Анлъунусго чи вуго компенсация щвезе кколилан жидеда хурхун диваналъ хIукму къотIарал. Гьедин жидедаго ричIчIуларел суалал мухIкан гьарулел рукIанаха гъоз (вице-премьераз). Гьедин нижеца гьезда бичIчIизабулеб букIана нижеца гIицIго къануналда рекъараб жо гурони тIалаб гьабулеб гьечIолъи. Къануналдаса бахъараб жо гьениб гьечIолъи. Нижеца гьезда бихьизабуна документазда бугеб жиб-жиб пунктги. Гьелъул щибаб графаялда бан хIукуматалъ кIи-кIи комиссия гIуцIун букIана. Гьениб рецIалил гIарац цIикIкIун бихьизабун бугин абулеб букIана. Нижеца жаваб кьунаха гьеб бугин Дагъистаналъул хIукуматалъ кьураб тIадкъаялда рекъон «Ленгидропроекталъ» гьабураб рикIкIен. Гьелдаса хадубги Дагъистаналъул хIукуматалъ хал гьабизе гьеб битIун букIана лъидаго бачIеб экспертизаялде. Гьенисанги жаваб бачIана гьеб битIараб бугилан. Гьедин цинги гъоркь букIараб хIукуматалъ гьабураб рикIкIеналдаги божичIого тIаде бачIараб хIукуматалъ цIидасан хал гьабизе, рикIкIине тIамулеб бугони щибаб нухалда, щиб гьелъул кколеб? Божилъи букIине ккеларищ?».

25 сентябралде щвелалде Дагъистаналъул хIукуматалъ цо чIванкъотIараб хIукму гьабизе ккола лъеда гъоркье ракьал арал рихьундерида хурхун. Гьединаб тIадкъай кьуна 4 сентябралда республикаялъул нухмалъулес хIукуматалъе Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас.

Гьединго Рихьунисан щварал баяназда рекъон, дагь-дагьккун рачIине байбихьун руго школалде лъималги.

XS
SM
MD
LG