«Гьеб ккола ракълилаб прогрессалъул «хъахΙаб» нухалдаса унел нилъер ватΙанцΙоязул щулияб рухΙ загьир гьабиялъул тадбир.» Гьедин лъазабуна «анкь» лъазабулаго улкаялъул президент Гурбангулы БердымухΙамадовасул рагΙаби такрар гьарулаго «Меседил гΙасру» абураб телеканалалъ.
Рехсараб тадбиралъул гΙорхъабазда 1 апрелалдаса байбихьун анкьалъ тΙоритΙизе руго хасал спортивил къецал. Официалияб лъазабиялда рекъон, гьел хурхинарулел руго 7 апрелалда кΙодо гьабулеб ТΙолабго дунялалъул сахлъиялъул къоялда.
Телеканалъ гΙадада гуреб рехсараб хъахΙаб кьер. БердымахΙамадовасе цΙакъ бокьулеб рагΙула кинабго хъахΙаб. Гьеб кьер хурхинабулеб рагΙула гьев нухмалъуда вугев болжалалдаги. Цевесев президент Сапармарат Ниязовасул болжалал лъазабун букΙана «Меседил гΙасрулъун».
2012 соналдаго гΙадин студентазда ва пачалихъиял хъулухъчагΙазда тΙадаблъун бихьизабун буго спортивияб ретΙел, кроссовкаби ретΙун, спортивияб байрамалда гΙахьаллъи.
Официалияб информациялда рекъон, планалда рагΙула 25 спортивияб къец ва физкультураялъул байрамал. Спортивияб байрам рагΙалде бахъине буго 7 апрелалда Ашгабаталда бергьерал кΙодо гьарулел церемониялдалъун.
2 апрелалда телеканалалъ рихьизаруна мухъазда чΙун гимнастика гьабулел цΙалдохъаби, студентал, пачалихъиял хъулухъчагΙи. Гьеб кинабго релъараб букΙана Шималияб Кореялда тΙоритΙулел парадазда. Тадбир байбихьун 58 секундалда гьелъул гΙахьлчагаз гΙуцΙана «Аркадаг» абураб рагΙи. Гьеб кколеб рагΙула президентасулго контролалда гъоркь бугеб консультативияб харабазул мажлисалъ гьесие кьураб официалияб титул. Гьелъул магΙнаги ккола «ЦΙунулев» абураб.
Амма киналго гурел рази ругел гьеб киназего тΙадаб «гиманастикаялда.» 37 сон барав Ашгабаталдаса тохтур Аннаоразица гΙарз гьабулеб буго, жив хΙалтΙулеб идараялда хΙукму гьабунин форма хизисе. Гьелъие гΙоло жинца босизе кканин тΙадеги цΙияб спортивияб ретΙелин. ЦΙияб ретΙелалъухъ кьезе канин Ι00 манат (35 доллар) абун.
Щибаб министерлъиялда тΙадаб буго хасаб спортивияб форма ретΙараб команда гьенибе битΙизе. Гьел тадбиразул гΙемерисел тΙоритΙулел руго гΙицΙго шоуялъул мурадалда. Цого гимнастика жидеца гьабизе кканин чанго нухалъин, кΙигогΙан сагΙаталъ телевидениялъ гьеб бахъун лъугΙинегΙанин абун цΙидаса гΙарз гьабуна Аннаоразица.
Сахаб, спортивияб миллаталъул имидж бижинабиялъул пикру бачΙун букΙана Туркменистаналъул цевесев лидер Сапармурат Ниязовасде. Гьес Ашгабаталда аскΙор ругел мугΙрузул сухъмахъазде рахъинарун рукΙана министралги идарабазул бутΙрулги. «Сардар елы», ай «Цевехъанасул нухалъул» халалъи буго 7-8 километр. Живго Ниязов гьениве вачΙунев вукΙана тирелоялда рекъун. Ахирисесул идея дагьалъ бечелъизабуна гьанжесев президентас, гьелде тΙаде Шималияб КореялъулгΙадал кьеразда гΙуцΙарал гΙадамазул гимнастика жубан.

ЭР-лъул Туркмен сервисалъул баян