Ссылки для упрощенного доступа

Туркия: ракетаялъ тIоцебе бортизабуна Су-24, хадуб - турбизнес...


Туркиялъул ралъдал рагIаллъиялъул экономикиял перспективабазул оптимизмалъе багьанаби хутIулел гьечIин рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз. Россиялъул рагъулаб аэроплан бортизабун хадуб, Россиялъул туризмалъул компанияз чIезабулеб буго жидерго бизнес гьеб улкаялда.

Ракьдагьоркьосеб ралъдал рагIалда бугеб Туркиялъул Анталиялда буго 300 гIанаб щугоцIваялъул петер. Санайил гьениб хьухбахъизе рачIунаан россиялъулазул миллионал.

Жакъа гьел отелал чIорого хутIун руго. Тукабазул ва кафеязул бетIергьаби ва хIалтIухъаби хъаляин бухIулаго, кофе гьекъолаго, бакъдаги гIодор чIун хутIун руго клиентал гьечIолъиялда бан.

Гьединазул цояв ккола дармил ва маркетигалъул рахъалдаса менеджер Толгъа Барыш. Гьесда тIадаб буго микьго петералъе клиентал чIезари.

Амма я гьесда, я гьесул «Limak Hotels» компаниялда гьезул бизнесалъе бугеб хIинкъи тIагIинабиялъе щибниги гьабизе бажарулеб гьечIо жакъа.

«Россиялъул туристал гьечIого, туризм туризмго кколаро», - ян гIарз гьабулеб буго Барышица. Тукабазулгун кафеязул читIиралде кверги битIун, абулеб буго гьес, россиялъулазул цIун рукIунаанин гьал бакIалин.

Гьесул рагIабазда, 24 ноябралда рагъулазул авиаинцидент ккун хадуб «Limak» компаниялъ ноябралъеги декабралъеги кIиазаргогIанав чиясул резервация нахъе бахъизе ккана.

Толгъа Барыш: «Дир хиял букIана Москваялдеги ун, кIиго-лъабго турагентлъиялде щвезе. Амма гьанже гьениве иналъул магIнаго бихьуларо дида. Россиялъулал гьанире рачIунел гьечIони, нижеца бакIал ричизе ккезе руго Европаялъулазе».

Риидалил сезоналъул байбихьуде россиялъулазул къадар цIикIкIунеб гьечIони, Анталиялъул туризмалъул индустриялда загьирлъизе бугин унго-унгояб кризисин, рикIкIунеб буго Барышица. Аммайин, жубалеб буго гьес, Анкараялдаги Москваялдаги гьоркьоб багъарараб конфликт тIадеги къувалъулеб букIиналъ, хвезарулел ругин киналго хьулалин. Россиялъул санкцияби халат рахъине бегьулин, абулеб буго гьес.

Барышил пикруялда, Магърибалъул Европаялъул клиентал жидехъего руссинаизе бажаричIони, кIвар буссинабизе ккезе буго Советиял республикабилъун рукIарал Азербайджан, Казахстан ва Украина гIадал улкабазде.

Туркия ккола россиялъулазе бищунго хIухьбахъизе бокьулеб бакI. Туркиялъул хIукуматалъул статистикаялда рекъон, гьаб соналъул 9 моцIида жаниб улкаялде щун вуго Россиялдаса 3 миллионгун 300 азаргогIанав турист.

ГIицIго Анталиялъе туризмалдаса санайил щолеб пайдаялъул къадар кколеб буго 6 миллиард гIанаб доллар. ТIолабго Туркиялъе – 21 миллиард.

«Мотто Кафе» абураб рестораналъул бетIергьан 37 сон барав Ахъай Джан Дагкираница абулеб буго, жиндир ресторанал цIун рукIунаанин Россиялдаса туристазулин. Жакъайин абуни, гьенир гIицIго рестораназул хIалтIухъаби гурони, гIадамал гьечIин.

Ахъай Джан Дагкиран: « Клиентазул ва туристазул аслияб къадар гьаб мухъалда букIунаан Россиялдаса гIадамаздаса. Гьел нижее ккола бищунго кIвар бугел гIадамал, щайгурелъул Анталиялъул туристазул 50 процент россиялъулал ккола».

Дагкиранил рагIабазда, цебе сезон гуреб заманалдацин россиялъулазул къадар бихьулеб къагIидаялда дагьлъулеб букIинчIо. Гьанжейин абуни, киналго цIинтIаго тIагараб гIадаб хIакъикъат буго, гьелъие гIоло рестораназул цояб заманалъ къазецин кканин, гIарз гьабулеб буго ракI хун букIин гьумералда банго бихьулев бизнесчияс.

Ахъай Джан Дагкиран: «Нижер менюцин буго гIурус мацIалда. Нижеца нижерго хIалтIухъабиги ругьун гьарула россиялъулазе хъулухъ гьабизе, гIурус мацI лъазабиялъул курсаздеги ритIула гьел. Нижер кинабго жо бараб буго россиялъул туристазда».

Безнесменасул пикруялда, хадусеб соналда гьесул компаниялъе пайда щвечIего хутIизеги бегьула, гIагсалда, букIине бегьула зарал.

Амма Туркиялъул бизнесалъул вакилзабазул хьулал хутIулел руго Россиялъулгун гьоркьорлъаби рукIалиде руссине рукIиналъул ва туристал нахъ руссине рукIиналъул.

«Анталия россиялъулазе бараб буго», - ян абулеб буго «Олбия» абураб петералъул бетIергьан АхIмат ХIамди Гъарагозица. Гьесулго пикруялда, конфликталдаса кIиябго улкаялъе буго кIудияб зарал.

XS
SM
MD
LG