Ссылки для упрощенного доступа

Турист. ХIажат вугищ гьев Дагъистаналъе?


Дагъистаналъул тIабигIиял гIаламатазул цояб - Сарыкум абулеб дунялалда бищун кIудияб салул авлахъалъул гохI (бархан)
Дагъистаналъул тIабигIиял гIаламатазул цояб - Сарыкум абулеб дунялалда бищун кIудияб салул авлахъалъул гохI (бархан)

2011 соналде дандеккун исана Дагъистаналде рачIунел туристазул къадар гIемерго цIикIкIун бугин абизе бегьула. Масала, тарихаздалъун борцани, гьеб къадар цIикIкIун буго 6,1 проценталъ. Гьадинаб баян кьуна Дагъистаналъул туризмалъул идараялъ.

Исана соналъул гьаб заманалде къватIиса Дагъистаналде рачIарал туристазул къадар бахун рагIула 130 азарго чиясде.

Гьединго, республикаялда туризм цебетIезабиялъеги гьабулеб бугила гIемераб хIалтIи ва Халкъияб мажлисалъ къабул гьабураб къанунцин бугила 2013-2017 соназ туризмалъулаб комплекс цебетIезабиялъул мурадалда хIадур гьабураб.

Гьениб, аслияб куцалда, кIвар кьолеб бугила муниципалиял гIуцIабазда туризмалъулал инвестициялъул проектал гIуцIиялде.

Гьайгьай, кагътида кинабго рекъезабун букIунеблъи хIакъаб буго.

Амма, хIакъикъияб гIумруялдайин абуни, нилъее бокьараб хIалалда иш батуларо. Гьеб гьедин гьечIолъиялъе нугIлъи гьабулеб буго Дагъистаналъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев ГIабдулатIипов Рамазаница информациялъулал алатазе кьураб баяналда.

ГIабдулатIипов Рамазан: «Туризмалъулаб культура абураб жо гьечIо нилъер. ГьечIо турист къабул гьавулеб къагIидаялъулаб культура, гьесие рукIине кколел шартIал чIезари. Нилъер буго гьобол къабул гьавиялъулаб культура.

Гьединлъидал, гьеб бутIа цебетIезабизе ккани, чара гьечIого хIалтIизабизе ккола цогидал технологиял.

ГIуцIизе ккола гIолилазул цолъаби, ай къватIир гIумру гьабун ругел нилъер ракьцояз жидерго лъимал рии-риидал ватIаналде ритIулеб хIал гьабизе ккола.

Гьезда хадур рачIине руго гьезул гьудулзаби, лъалел-хъвалел.Гьедин гьабунигицин, гьеб букIинаан кIудияб ишлъун».

ХIакъикъаталдаги, къватIир ругел нилъерго ракьцоялцин хIинкъулел руго жидерго лъимал рии-риидалцин хIухьбахъизеллъун ватIаналде ритIизе.

ХIинкъулел руго Дагъистаналда лъикIаб гуреб ахIвал-хIал, ай кьвагьа-гIанхъи гIемер кколеб букIиналда бан.

Амма нилъее бокьарабгIан къадаралда туристал Дагъистаналде рачIунгутIиялъе аслияб гIиллалъун Дагъистаналъул туризмалъул идараялъул нухмалъулев ГIисаев МухIамадица рехсолеб буго шартIал гьечIолъи.

ГIисаев МухIамад: «Аслияб гIилла буго шартIал ва жанир чIезе минаби гьечIолъи. Гьел шартIал нилъеда чIезаризе кIвани, дунялго бахъун китаялъулаб къед гьаниб цебе баниги, Дагъистаналде рачIунел туристазул къадар тIадеялдаса тIаде цIикIкIине буго.

КIиабизе, нижеца кIвар кьолеб буго жанисеб туризм цIикIкIинабиялде. Туризмалда сверухъ кидаго рукIана харбал.

Нилъераз абула доба Египеталда рагъ унеб бугин, ватIаналдаго хIухьбахъи гьабейилан. Цогидаз абула аниб парахалъи гьечIин.

Гьеб буго гIарцуе гIоло гьабулеб рагъ. Амма нилъерго гьаниб ахIвал-хIал парахатаблъун гьабизе кIвани, сундухъго балагьичIого бокьарав чи вачIине вуго».

Гьедин, сундухъго балагьичIого, масала, шартIазул рахъ хIисабалдецин босичIого Дагъистаналде рачIун рукIана Китаялдаса туристазул къукъа.

Гьезул хIакъалъулъ информациялъул алатазги хъвана.

Гьедин, къватIиса рачIаразул гIемерисел рихьичIого хутIуларелъул, лъагIалида жаниб къватIиса рачIаразул къадар 130 азарго чиясде бахунин чиновниказ бицунеб хабар кисаги босун бицунебали лъаларев чи къанагIатги ватиларо.
XS
SM
MD
LG