Гьаб нухалда Шималияб Кавказалда тIолабго соналъ гIемерисел лъугьа-бахъинал доб яги гьаб рахъалъан хурхинарулел рукIана исана 2014 соналъул февралалда тIоритIизесел хасалил Олимпиял хIаязда. Гьединго къабул гьарулел руго Волгоградалъул теракталги.
Шималияб Кавказалъул рахъалдаса эксперт Лиз Фуллерил пикруялда, Кремлалъ кIудияб кIвар кьуна Шималияб Кавказалда тIад контроль щулалъизабиялъе. ТIоцебе хисана Дагъистаналъулги Гъабардагун Балкариялъулги бутIрул.
Араб соналда жаниб Шималияб Кавказалъул республикабазул халкъазул цоял махрумлъана битIахъего жидерго лидерал рищиялъул ресаздаса. Дагъистаналъул, Гъалгъазул республикаялъул ва Шималияб Осетиялъул парламентаз конституцияби хисизарун, республикабазул бутIрул рищизе руго депутатаз гьаркьал кьун.
Соналъул ахирисел къоялда жидерго Конституциялда хиса-баси гьабуна Гъарачайгун-Черкессиялъул парламенталъ. Гъабардагун Баклкариялъул парламенталъ гьединаб хIукму къабул гьабизе бегьула соналъул байбихьуда.
Январалъул ахиралда россиялъул президент Владимир Путиница МахIамадсалам МахIамадов нахъе вахъун дагъистаналъул нухмалъуде тIамуна Миллатазул министерлъиялъул нухмалъулевлъун вукIарав ГIабдулатIипов Рамазан. Сентябралда республикаялъул парламенталъ гьев тасдикъ гьавуна республикаялъул бетIерасул хъулухъалда.
Нухмалъуде вачIунаго ГIабдулатIиповас рагIи кьуна тухумчилъиялде гьужум гьабизе ва накабазде ккун бугеб экономика цебетIезабиялъул галаби байбихьизе. Гьес гIамал гьабулеб буго аграрияб сектор жигалъизабизе. Амма цо-цо экспертазда чанго банк банкротлъиялде ккезабиялда нахъ бихьулеб буго инвесторал хIинкъизариялъул ишара ва гьединаб къагIидаялда республикаялъул бетIерасул амбициял гIумруялде рахъинариялъе нухъ къай.
ГIабдулатIипов нухмалъуде вачIарабго, хъулухъалдаса махIрумлъана гIемер соназ тахшагьаралъул администрациялъул бетIерлъун вукIарав СагIид ГIамиров. Гьесда хурхун цIех-рех халат бахъунеб буго. Ахирисес нахъ чIвалел руго жинде гIунтIизарулел гIайибал. Гьезул аслиял ккола хъулухъчи чIваялъул тIадкъай гьаби ва Дагъистаналъул пенсиялзул фондалъул бетIер Сайгид МуртазагIалиев гIумруялдаса ватIа гьавиялъул мурадалда, гьев тIад вукIараб аэроплан кьвагьизабизе план гIуцIи.
2013 соналъги Рамзан Къадировас кIудияб хIаракат бахъулеб букIана Чачан республика хIинкъи гьечIеб, парахатаб ва экономикияб рахъалъан божилъи бугеб Россиялъул Федерациялъул субъект букIин бихьизабиялъе. Амма гьелдаго цадахъ коррупциялъул кIудияб даражаялъ, «къадировасулалин» абулезул репрессияз аза-зар чачанал магърибалъул улкабазда лъутун чIезе бакI гьариялде ккезаруна. Цо-цо лъазабиязда рекъон, Россиялдаса европаялъул улкабазде унезул къадаралда гъорлъан аслияб бутIа кколеб буго чачаназул.
Гъалгъазул республикаялъул бетIер Юнусбек Евкуров кIиабилеб болжалалъги вахъана республикаялъул бетIерлъун.
Гъабардагун Балкариялъул бетIер Арсен Каноковасул тIадчIеялдалъун парламенталъ хисизабуна Конституция ва гьединаб къагIидаялда республикаялъул нухмалъулесе рес щвана тIолабго хIукумат бихизабичIого премьер-министр хисиялъул. Гьединаб къагIидаялда гьес гьеб хъулухъалда Руслан ХIасановасул бакIалда тана Констатин Храмов. Хадуб соналъул ахиралда Коков живгоги ине ккана республикаялъул бетIерасул хъулухъалдаса нахъе. Гьесул бакIалде вачIана республикаялъул жанисел ишазул министрлъун вукIарав, Экстремизмалде дандечIеялъул централъул нухмалъулевлъун вукIарав Юрий Коков.
Арсен Каноков Гъабадаргун балкариялъул нухмалъиялдаса нахъе ин ракIалъе гIун буго оппозициялъеги халкъалъул аслияб бутIаялъегиян абуна ЭР комментариял гьарулаго оппозицияв жамгIияв хIаракатчи Мурзакан Абубекирица.
Мурзакан Абубекир: «Узухъда, гIемерисел рохана гьеб хIужжаялдаса. РукIана гьеб ракIалъе гIечIелги. Федералияб централъ гьесие кьун рукIана цIакъ кIудиял ресал. Республикаялъе лъикIаб гьес цIакъ дагь гьабуна. Амма жиндирго паяйдаялъе гьес гьаруна гIемер ишал. Дидани кIоларо ракIалде щвезабизе гьабин абизе бегьулеб гьес халкъалъе гьабура цогIаги лъикIаб иш.»
Каноков хъулухъалдаса нахъе ине ккеялъ цо-цо политологаз абулеб буго, кватIичIого жиндирго хъулухъалдаса махIрумлъизе бегьулин гьединго 20I5 соналда жиндир болжал лъагIунев Шималияб Осетиялъул бетIер Теймураз Мамсуровги. Республикаялда загьирлъулеб буго экономикияб стагнация ва хIалтIигьечIолъиялъул кIудияб даража.
Гъарачайгун Черкессиялда рукIинчIо кIудиял лъугьа-бахъинал, гьениб I6 чиясда нухмалъи тIаса реххиялъе хIалбихьи гьабиялъул гIайиб гIунтIизабун, диваналъул процесс байбихьи руккинчIого.
16 декабралда аресталде гъоркье восун вукIана Гъабарадагун Балкариялдаса, Гъарачайгун Черкессиялдаса ва Адыгеялдаса 8 жамгIияв хIаракатчи, Сочиялъул Олимпиадаялъе бойкоталде ахIиял гьариялъе гIоло. Хадур гьел эркен гьаруна.
Дагъистаналде нахъ руссун ракIалде щвезабизе ккела Расул ХIамзатов гьавун 90 сон тIубаялда хурхун республикаялда ва Москваялда тIоритIарал тадбирал. Дагъистаниязул ракI бохизабулел ишазул сияхI халалъизабуна гьединго чанго спортсменасги.
2013 соналъул ахиралда Мокваялда ккараб автоавариялда хвана республикаялъул вице-премьер МахIачев ХIажи.
Февралалда Челябинскалъул регионалде бортана метеорит. Гьеб кьвагьиялдаса зарал ккана 1600 гIанав чиясе. 7000 минаялда рекана гордазул цIерал. Хаслихълъиялда Чебаркуль хIоралда жанир ратана метеориталъул кескал.
Марталда Британиялда хвана россиялъул нухмалъиялъул цин бахъинабурав 68 сон барав олигарх Борис Березовский. Россиялъул президентасул пресс-секретарь Дмитрий Песковас лъазабуна, хвелалда чанго моцIалъ цебе Березовскияс президент Владимир Путинихъе хъван букIанин къагIатин. Риччарал гъалатIазе гIоло гьес тIаса лъугьин гьарулеб букIанин ва хьул загьир гьабулеб букIанин Россиялде нахъ вуссиналъулин.
Апрелалда ахIи-хIур дунялалдаго бахъинабуна Бостоналда марафон унеб мехалда Темерлан ва Джохар Царнаеваз гьабураб теракталъ. Гьелда бан гьадин лъазабуна Цолъарал штатазул президент Барака Обамаца.
Барак Обама: «Гьеб ккола цIакъ нахъегIанаб цIуяб акт. Нилъеда лъала кин гьеб гьабурабали. ФБРалъ гьелъул цIех-рех гьабулеб буго. СагIтил механизмал лъурал бокьарал бомбаби ккола щибниги гIайиб гьечIел гражданиял гIадамал чIваялъе гьарурал механизмал. Баянго бихьулеб буго гьеб гьединаб теракт букIин.»
Июналда Шереметьевоялде вачIана Цолъарал Штатазул хасал хъулухъазда контрактаздалъун хIалтIулев вукIарав Эдвард Сноуден. Гьес информалатазухъе кьуна Цолъарал Штатазул балъголъиял къватIир чIвазарулел документал.
Шереметьевоялъул аэропорталда Сноуденица бахъана щуго анкь, хадуб гьесие кьуна политикияб мотивация бугеб лъутун чейялъул бакI цо соналъе. Сноуденил адвокат Анатолий Кучеренаца лъазабуна, гьев хIалтIулев вугин россиялъул кIудияб интеренет-команиялдайин.
Россиялъул президент Владимир Путиницаги гьесул лъади Людмилацаги жидерго ригьин бихизабуна. Гьеб халат бахъун буго 30 соналъ.
Сентябралда Сирия хвасар гьабуна Цолъарал штатазул рагъулаб кьабиялдаса. 21 августалда Дамаскалъул рагIаллъиялда Асадил режималъ химикияб ярагъ хIалтIизабун хадуб, Цолъарал Штатазул планалда букIана гьеб режималъе гьединаб тамихI гьабизе. Амма россиялъул нухмалъиялъ Вашингтон ва магърибалъул улкаби ахIана гьеб инцидент ракълилаб къвагидаялда рагIалде бахъинабиялде. Россиялъул рахъалъ гьединго загьир гьабуна Сириялъул химикияб ярагъ тIагIинабиялъул инициативаги. Дамаск гьединаб галиялде ине разилъулеб букIин бихьун, Цолъарал Штатал разилъана гIарабазул пачалихъалда кьаби щвезабиялъул планалдаса инкар гьабизе.
18 сентябралда Arctic Sunrise абураб «Гриниписалъул» гамаялъул экипаж ва «Приразломная» абураб нарт бахъулеб платформаялда аскIоб протесталъул акция тIобитIулел активистал ккуна россиялъул гIорхъаби цIунулез. Россиялъул къанунал хвезариялъул гIайибал гIунтIизарун гьел аресталде гъоркье росана. Амма хадуб лъазабураб президентасул амнистиялда рекъон, декабралда гьел эркен гьаруна.
10 Октябралда Москваялъул Бирюлевоялда чIван вуго бакIалъулав Егор Щербаков. ЦIим бахъарал бакIалъулал гIадамаз тIобитIун буго протесталъул митинг. Гьеб рагIалде бахъун буго, чIваялъул щаклъи бугев азербайджанав Орхан Зейналов вичардулев вукIараб пихъ-тIощелалъул база щущахъ биххизабилъун.
Октябралдаго хъулухъалдаса нахъе вахъана анцIгогIан соналъ Роспотребнадзоралъул бетIерлъун вукIарав Геннадий Онищенко. Гьев тIамуна премьер-министрасул кумекчиясул хъулухъалде. Онищенко машгьурлъана политикияб ахIвал-хIалалде балагьун, чанго улкаялъе «дармил рагъал» лъазариялъе гIоло.
21 ноябралда Киевалъул Незалежности майданалда гIемер халкъ гIахьаллъарал акцияби байбихьана Евроцолъиялъулгун ассоциация гьабиялъул къотIи-къай гъулбасиялъул процесс чIезабиялде данде. Митингалда гIахьаллъулел къуват хIалтIизабун риха-хочинарун «Беркуталъ». Оппозициялъул рахъ ккураз тIалаб гьабуна украиналъул президентги хIукуматги нахъе ин ва заман щвелелдего рищиял тIоритIи.
9 ноябралда Сочиялъул Олимпиял хIаязул цIа щвезабун космосалде.
ЮКОСалъул вукIарав бетIер Михаил Ходорковский туснахъалдаса къвативе виччаялъул кIудияб резонанс багъаризабуна дунялалдаго. Диваналъ бихьизабураб тамихIалъул хутIараб заман тIаса бахъиялъул буюри россиялъул президентас гъулбасана I9 декабралда.
Декабралда лъазабураб президентасул амнистиялда рекъон, туснахъаздаса Гринписалъул хIаракатчагIи гуребги нахъе риччана Пусси Райот панк-группаялъул ясалги. Гьелда ракъон эркен гьарулел руго гьединго бигьаяб ва гьоркьохъеб захIмалъиялъул такъсирал гьарурал балугълъиялде рахинчIел, балуглъиялде рахинчIел лъимал ругел улбул, инвалидал ва цогидал.
5 декабралда хвана Нельсон Мандела. Гьес жиндирго гIумру кьуна апартеидалде данде къеркьеялъе. Жанубияб Африкаялъул республикаялъул президент Джейкоб Зумаца гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна гьадин.
Джейкоб Зума: «Нилъер халкъалъе камуна бищунго хирияв жиндирго вас. Нилъер халкъалъе камуна эмен. Гьединаб къо бачIине букIин лъалеб букIаниги, гьев камиялъул кьогIлъиялъул ахир гьечIо.»
«Нефриталъул гIанкI» абураб моцIрода тIад хьвадулеб аппарат биччана Китаялъ декабаралда ва гьеб гьанже хIалтIулеб буго моцIрода тIад. Космосалда хурхун инсанияталъ гьабулеб хIалтIуда, Китай СССРалда ва Цолъарал штатазда хадуб ккола лъабабилеб пачалихълъун моцIроде аппарат битIараб.

Россиялда ва дунялалда
14 январалда россиялъул улка цIуниялъул министр Сергей Шойгуца лъазабуна солдатазул гардеробалдаса портянкаба нахъе рахъулел рукIиналъул хIакъалъулъ.Февралалда Челябинскалъул регионалде бортана метеорит. Гьеб кьвагьиялдаса зарал ккана 1600 гIанав чиясе. 7000 минаялда рекана гордазул цIерал. Хаслихълъиялда Чебаркуль хIоралда жанир ратана метеориталъул кескал.