ХIакъикъаталдаги, машгьурав гугарухъанасе кинаб памятник лъезе кколебали бихьана, 2011 соналъул 6 июналда Швейцариялда FILA-ялъул штаб-квартираялда цебе ГIалие эхетараб, 400 килограмм бугеб памятник рагьулеб лахIзат телевизоралдасан бихьизабидал.
Чара гьечIого хIажат буго кисанго бихьулеб, гьесул гьунаралъул, хасияталъул ва махщалил бицунеб памятник базеян бицана, жиндир заманалда гьесда цадахъ гугарулев вукIарав МухIамадов ПахьутIаца.
Цо заманалда ГIалил памятник гьенисаги бахъун, гьесул цIаралда бугеб спорткомплексалда цебе лъун букIана.
КIиго сордо-къо бана гьелъ гьениб. Доб мехалда ДРялъул президентлъун вукIарав МухIу ГIалиевас буюрухъ кьун батила, гьеб букIарабго бакIалда лъуна.
Гьесда бичIчIун батилаха чемпионасул памятник нахъе босарабго лъил памятник гьениб рекъезабизе бугебали.
Амма гьениб гьеб лъураб къоялдаса нахъе какулеб буго памятник гIадамаз, гьеб хисизе цебего заман щун бугиланги абун. Журналист Нуриев Нурица бицухъе, чемпионасе бараб памятникалъул суал тIубазабизе ккола Дагъистаналъул хIукуматалъ, Спорталъул министерлъиялъ.
Гьезде ккечIого, ГIали Зулкъарнаевичасул рукIарал гIемерал цIалдохъабазги сайгъат гьабизе бегьилаанила гьесие цо лъикIаб памятник.
Нуриев Нури: «Гьеб масъалаялъул бицун дун кIалъана машгьурав гугарухъанасул росдал, ай чIохъдерил бегавул Салим Салимовгун.
Гьес бицана Дагъистаналъул хIукуматалде кагъат хъванин жидеца, ГIали ГIалиевасул памятник гьенисаги босун ЧIохъ росдада цебе лъезе изну кьеян. Спорталъул министерствоялъухъа изнуги босанила гьеб нижер балансалде кьезе бегьилин абураб.
Памятникалъе росдада цебе, кисанго гьеб бихьулеб лъикIаб бакI хIадурунги бугила. ТIасан изну кьурабго памятник гьениб лъезе бугин абуна ЧIохъ росдал бегавулас».
Спорталъул министерствоялда бицухъе, ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спорткомплексалда цебе хIадур гьабун рагIула гьесие цIияб памятник тIад лъезе борхатаб, мраморалъ къачIараб постамент.
Гьениб ГIалие бюстищ яги борхатаб памятникищ лъелебали махщелчагIаз хIукму гьабизе бугила. Жидеца гьеб суал роцIцIинабейилан гьарун хасаб кагъат хъван бугила республикаялъул хIукуматалдеги.