Ссылки для упрощенного доступа

«Гъваридаб» балъголъи баянлъулеб буго...


Татарстаналда балъгояб динияб къокъа гΙуцΙарав Саттаров ФаизрахΙман
Татарстаналда балъгояб динияб къокъа гΙуцΙарав Саттаров ФаизрахΙман

«Катакомбабазул сектаян» журналистаз цΙар лъураб балъгояб бусурбабазул къокъаялъул ункъго чиясде лъималазда хурхун вахΙшияб хьвада-чΙвади букΙиналъул гΙайиб гΙунтΙизабуна Татарстаналда. Лъазабиязда рекъон, 83 сон барав гьеб къокъаялъул лидер Саттаров ФаизрахΙманиде гΙунтΙизабун буго зулмуялъул гΙайиб - ян хъвалеб буго ЭР-лъул ц1иял харбазул хъулухъалъул макъалаялда.

Низам цΙунулел идарабазул хΙалтΙухъабазе Казаналъул рагΙаллъиялда Саттаровасул минаялда гъоркь батун буго катакомбабазул къагΙидаялда бараб микьго тΙалаялъул бункер. Гьеб къокъаялъул гΙахьалчагΙаз информациялъул латазе лъазабун буго, гьениб бусурбанчиясе къваригунел киналго шартΙал ругин. КъватΙисан балагьаразда гьениб бихьулеб рагΙуна гΙицΙго тΙад минара бугеб лъабтΙалаяб кирпичалъул мина. Полициялъулазе гьеб комплексалда жаниб ватΙун вуго 70-гΙанав чи. Гьездаго гъорлъ 27 лъимерги.

Татарстаналъул полициялъ лъазабулеб буго, гьеб мина бан бугин къануналде данде кколареб къагΙидаялда ва гьеб биххизабизе бугин. Гьезулго рагΙабазда, лъаималазул цоял гьарун руго катакомбабазда ва гьезда киданиги бихьун букΙун гьечΙо бакъалъуд канлъи. Бищунго гьитΙинаб лъимералъе рагΙуна 18 моцΙ, бищунго кΙудиялъе – 17 сон.

Ахирисей лъимадуе ятун йиго, азарханаялде щвезаюн, медикияб хал-шал гьабураб мехалда. Прокуратураялъ такъсирияб иш рагьун, лъазабуна, къануниябгуреб хΙаракатчилъи халат бихъаинабулеб бугони, жидеца гьеб секта къазе бугин. БукΙанищ яги букΙинчΙищ лъималазде къануналде данде кколареб хьвада-чΙвади баянлъизабиялъе полициялъ халат бахъинабулеб буго цΙехх-реххги.

ТΙоцере раккарал экспертазул баяназда рекъон, диваналъ хΙукму гьабизе бегьула цо-цо лъимал эбел-инсухъ теялъул. Амма гьеб сектаялде гъорлъе унел жидедего муъминалин абулел чанго эбел-инсуде гΙунтΙизабизе бегьула вахΙшияб хьвда-чΙвадиялъул гΙайиб.

Саттаровасул рукъалда жанир рукΙаразда тΙадаб букΙун буго, гьес хъварал вагΙзаби цΙализе. Гьезул гΙемерисезе гьукъараб букΙун буго къватΙире рахъун, медикиял идарабазде щвезе. «Фаизрахманист» абун жиндего цΙар лъураб сектаялъ къабул гьабулеб гьечΙо я россиялъул къанунал, я Татарстаналъул бусурбабазул лидерал.

Рузман къоялда ЭР-лъул татаразулгун башкиразул сервисалъе комментариял гьарулаго, балъгояб динияб къокъаялъул гΙахьалчи Ганиев ГΙумарица абухъе, гьез гΙумру гьабун буго гΙицΙго къургΙаналда рекъон.

Ганиев ГΙумар: «Киданиги нижеде абуге вагьабиялин, террористалин яги сектаян. Нижеца гΙумру гьабун буго гΙицΙго къураналда рекъон. Гьеб ккола нижер цогидал бусурбабазде дандеккун бищунго къудия батΙалъи. КъугΙаналда рекъон, ниж хьвадизе бегьуларо тохтурзабазухъе яги лъимал гьарулел рукъоре. Нухмалъиялъ нижер улбузухъа рахъана кΙиго соналдасан дагьаб гΙелалъул лъимал. Улбул гΙодулел руго. Гьез киданиги жидерго лъимал ритΙуларо школазде, шайгурелъул гьел цΙализарулел мугΙалимзаби тΙадегΙанасда божуларелъулха.»

Катакомбабазул къокъаялде тΙаде ккун руго Ι августалда, дагьалъ цебе Татарстаналда РухΙиял идараялъул лидеразде гьарурал тΙадекΙанцΙиязда хадусеб цΙех-рехалъул тадбирал унеб мехалда. «Исламалъул баянал» абураб сайталъ хъвалеб буго, Саттаровас живго авараглъун лъазавунила 1960 соназго троллейбусалда ток кьабун пирхараб цΙа тΙадегΙанасдасан вахΙью рештΙанинги абун. Информациялъул алатаз гьединго лъазабулеб буго Саттаровас жиндирго рукъ лъазабунин лъиданиги бачΙеб исламияб пачалихълъун.

Нухмалъиялъ лъазабулеб буго, гьеб сектаялъул гΙахьалчагΙазул Татарстаналъул рухΙиял лидеразде гьарурал тΙадекΙанцΙиязде хурхеналъул щаклъи гьечΙилан.
XS
SM
MD
LG