Татарстаналъул парламенталъул иргадулаб гуреб данделъиялде депутатал ахIун рукIана дагьалъ церегIан республикаялъул тIадегIанаб даражаялъул рухIанияв чIван ва муфти чIвазе къасд гьабун хадусала. Татарстаналъул Динияб Идараялъул нухмалъулесул ихтиярал тIуразарулев ГIабдуллагь Хазрат Адыгамовас Эркенлъи радиоялъе гьадинаб баян гьабуна цIигьабураб къануналда бан:
ГIабдуллагь Хазрат Адыгамов: «Ахирисел лъугьа-бахъиназда хурхараб къануналъул цIияб редакция къабул гьабун буго диниял гIуцIабазул хIаракатчилъи рукIалиде ккезаби мурадалда. Хасго цебесеб къануналъ гьел диниял гIуцIабазда тIадаблъун гьабулеб букIинчIо хIалтIуде росулел гIадамазе аттестация гьаби, гьанжейин абуни гьединаб аттестация гьабичIого хIалтIуде гIадамал росизе рес гьечIо».
Къануналъулъ журарал хиса-басиял хъинтIула ГIараб улкабазул диниял идараби цIалун лъугIарал гIолохъаназда. Рехсараб къануналъул цIияб редакциялда хъван буго гьединал гIолохъаназе ва къватIисел улкабазда гъозие кьурал дипломазе аттестация диниял гIуцIабаз гьабизе кколин абун.
ГIабдуллагь Хазрат Адыгамов: «Динияб идараялда гIуцIун буго хасаб аттестационияб комиссия. Гьелъ гьанжеялде мадрасабазул мугIалимзабазе аттестация гьабун буго ва ирга щун буго къватIисел улкабазда цIалун ватIаналде тIад руссаразде».
Дагъистаналъул журналист БисавгIалиев МухIаммадица абулеб буго ГIагараб Машрикъалъул цIар арал диниял цIалул идарабазул дипломазе къимат кьезе гIураб лъай гьечIин бакIалъулал рухIаниязул.
Татарстаналъул юстициялъул министр Мидхад Курмановас прессалде лъазабуна тIадехун рехсараб къануналъулъ хиса-басиял журан ругин инсанасул ихтиярал цIуни мурадалдаги. Амма къватIисел улкабазда цIаларазул ихтиярал хвезарулеб гьечIищха гьеб цIигьабураб къануналъ? Щиб гьез абулеб гьелда бан? Гьал суалазе ГIабдуллагь Хазрат Адыгамовас кьолеб жаваб гьадинаб буго:
ГIабдуллагь Хазрат Адыгамов: «Цониги разилъунгутIи рагIулеб гьечIо, ва гьеб букIинеги рес гьечIо. Щай? щай гурелъул масала добго Мисиралда бугеб «аль-Азгьар» университеталъги цо-цо къватIисел улкабазул гьоркьохъеб лъаялъул аттестатал къабул гьарулел гьечIелъул. Ва доба лъицаниги жиндирго разилъи гьечIолъи бихьизабичIо гьанжелъагIан. Гьалеха гьаб цIияб къануналдаги разилъи гьечIолъиялъе бакI гьечIо».
Татарстаналъул юстициялъул министрас лъазабухъе къанун цIигьабун буго инсанасул ихтиярал цIуни мурадалда гуребги – динияб экстремизмалде жеги кьварараб дандечIей гьаби мурадалдаги. Регионалияб ва этнодинияб цIех-рех гьабулеб Приволжский абулеб Централъул бетIер Сулайманов Раисил хIисабалда экстремизмалъул бербалагьи республикаялде бачун буго ГIараб улкабазда цIалараз. Хасго гьеб сабаблъун гьабулеб бугин рехсараб аттестация.
Сулайманов Раис: «КъватIисел улкабазда лъай кьеялъул проблемаялъ, хасго гьадинаб лъай щваразул проблемаялъ ахирисеб 20 соналда жаниб Татарстаналда бихьизабуна гьелъ бусурбабазул умматалъул цIикIкIараб бутIа радикалияблъун гьабун бугеблъи. ТIоцебесеб иргаялда Татарстан республикаялъул гIолоханал бусурбаби».
Аммаила, разилъулев вуго гьев, радикализм цебеккунго нахъ чIвазелъун гьеб гIолеб гьечIин, щай гурелъул яргъид гIуцIаразул кьеразде гъорлъе гIемерал жагьилчагIиги журалел руIиналъул.
Сулайманов Раис: «Гьайгьай киналго балагьаздаса цIунулеб дарман гуро гьеб къанун. Гьадинаб къанун къого соналъ цебе къабул гьабизе кколаан. ХIакъикъаталдаги татаразул киналго радикалиял бусурбаби СагIудиязул ГIарабустаналда гурел цIаларал. Амма киналго проблемаби рагIалде рахъинаризе гьеб къануналда кIвечIони, гьезул цо-цоял тIуразаризе гьелдалъун бегьилин дида ккола».
Ян абуна Приволжский абулеб Централъул бетIер Сулайманов Раисица.
Татарстаналъул маданияталъул ва лъай кьеялъул суалазул рахъалъ парламентияб комитеталъул бетIер Разил Валеев гьеб цIигьабураб къануналъул рахъ кколеб буго.
Разил Валеев «Цебе хIукуматалъ батIи-батIиял гIуцIабазда тIад къалеб букIана динияб эркенлъи цIунулеб куцалъухъ хал-щал гьабизе, ва диналъул хIурмат гьабизе. Гьанжейин абуни къануналъулъ журарал хиса-басиялда рекъон гьезда тIадаб буго балагьизе – къанун цIунулеб бугищ-гьечIищали. Гьелъ гъозие цIикIкIарал ихтияралги тIадеросиялги кьола».
Диниял суалазул рахъалъан эксперт Марк Смирновасул гьадинаб пикру буго гьелда бан.
Марк Смирнов: «Гьединал хIинкъабазе унго-унгояб кьучI буго. ГIараб улкабазда ва ГIагараб Машрикъалда цIалул идараби лъугIарал тIад руссунел руго жиндаго цадахъ Салафийа ябулеб радикалияб исламалъул идеология бачулаго. Гьеб буго багъулеб ислам. Гьелъул аслияб мурад – бусурбабазул политикияб квершел бай ва халифат гIуцIи.
Сулайманов Раисил пикруялда халифаталъул анищ гIицIго СагIудиязул ГIарабустаналъул радикалаз бижизабулеб бугин абуни мекъи ккела:
Сулайманов Раис: «РекIелъ гIагалигун абизе ккараб буго халифат тIалаб гьабулезул бугеб гIадаб проект Россиялъул пачалихъалъ бихьизабулеб гьечIин. Ай – дунялалъул халифат баялъул пикру гIолоханазда бихьула чанги нухалъ лъикIаблъун, щвалде щвараблъун ва ритIухъаблъун.
Пачалихъияб идеология гьечIеб Россиялда гIумру гьабулел ва берцинаб анищалъе хъулухъ гьабизе бокьулел гIолохъанал гьадинаб идеология бугеб рахъалдехун руссунел руго».
Эркенлъи радиоялъе гьадинаб баян гьабулеб буго Россиялда Ислам тIибитIиялъул цIех-рех гьабулев Москваялда бугеб Карнегил централъул эксперт Алексей Малашенкоца.
Алексей Малашенко: «Шаклъи гьечIого руго гьадинал бухьенал. ГIумаров Доккуца гIаммал гьабулеб буго доба бугеб ахIвал-хIалалъе асар гьабизе. Гьес гьадин абулебги буго. Амма хIакъикъиял бухьенал гьедегIан кIвар цIикIкIарал гьечIин дида ккола. ГьечIониги гьел щулалъулел руго. Ва Уралалъулгун Привольжеялъул регионалда гьабсагIат гIемерал миллатазул радикалиял бусурбаби цолъула».
Алексей Малашенкол гьеб пикру гьадин дурус гьабулеб буго Сулайманов Раисица:
Сулайманов Раис: «Дагъистаналдаго гIадин гьанже нижер республикаялдаги раккана рохьилал яргъид гIуцIарал къеркьохъабазул къукъаби. Жидеда Татарстаналъул мужагьидалилан абурал гьел Татарстаналъул жанубияб рахъалда рахчун чIун руго. Гъозие тIалъи гьабулеб буго амир МухIаммадица. Гьесда унго-унгояб цIар буго Мингалиев Раис. Анкьалъ цебе гьес ГIумаров Доккуе баят гьабун буго видео хъвай-хъвагIай интернеталдаги загьирабун.
Жиндир иргаялда Гумаров Доккуцаги интернеталдалъун гьеб баят къабул гьабун, насихIат гьабун буго. Докку ГIумаровас цо-цоязе буюри кьуна Поволжье икълималде ине. Нижеда гьеб бихьулебги буго. Цо-цо мажгитазда дагъистаниялги, чачаналги, гъалгъалги ризго ратула.
Гьел гьанире рачIун руго хIалтIул мигрантал хIисабалда гуреб – вагIзачагIи хIисабалда. ГIолохъанал татаразда гъорлъ гьез дагIват гьабулеб буго. Гьездаса мисалги босун цо-цо татаразги гъозул хьвада-чIвадиялда релълъинабулеб буго жидерго.
Гьалеха гъозул дагIваталъ гъозие пайдаяб хIасилги кьолеб буго. Гьадинаб куцалда байбихьулеб буго гIолохъанал бусурбабазул радикализация гьабиялъул Шималияб Кавказалъул сценарий. Татарстаналда гьеб баянлъулеб буго теракталги рохьилалги цIикIкIунел рукIиналъ».
Малашенкол хIисабалда къватIисел улкабазда лъай шварал бусурбабазе аттестация гьабиялъ пайдаяб хIасил кьезе гьечIо.
Алексей Малашенко: «Гьелдалъун ахIвал-хIал лъикIлъизе гьечIо, щай абуни гьел гIадамал мажгитабахъ къабул гьаричIони, гьел гъоркьан хIалтIулел батIи-батIиял къукъабазде гъорлъе журазе руго. Гьадинал гьукъиялъулал ишал хIасил гьечIого хутIила».
1999 соналда Дагъистаналда къабул гьабун букIана «вагьабиязул ва цогидаб экстремистикияб хIаракачилъи гьукъиялъул» илан абулеб къанун. Доб мехалда Россиялъул цIар арал цо-цо гIалимзабаз ва жамгIиял хIаракатчагIаз гьеб къанун гъалатIаблъун рикIкIун цебеккунго лъазабуна гьелдалъун питна жеги цIикIкIине бугин абун. Ахир-къад гьадин ккунги буго Шималияб Кавказалда.
ГьабсагIат Дагъистаналъул диниял ва диниял гурел цо-цо хIаракатчагIаз хIаракат бахъулеб буго салафиязда ва суфиязда гьоркьоб маслигьат гьабизе. Пачалихъалъул квал-квал гьечIого рагьараб къагIидаялда хIалтIула «официалияб» гуреб динияб гIаркьелалъул къукъаби. Хасго «Агьлу сунна вал жамигIа» абулеб гIуцIи.
Гьезул хIаракатчагIаз ахIи балеб буго тIоцебесеб иргаялда ракIазулъ иман щулалъизабиялде. Аммаила абулеб буго Сулайманов Раисица татаразул бусурбабазе гьез квешаб асар гьабулеб бугин.
Сулайманов Раис: «ХIакъикъаталдаги, радикализмалдехун сверарал татаразул гIолилазул гIемерисел СугIудиязул ГIарабустаналда цIалулел рукIинчIо. ГIолилаз радикализмалъул пикраби къабул гьарулел руго аслияб къагIидаялда интернеталда ратулел батIи-батIиял лекциябазухъ гIинтIамун.
ГьабсагIат гъозие бищун кIудияб асар гьабулеб буго Дагъистаналдаса салафиязул вагIзачи Сасикьа Абу ГIумарил ваIгзабаз. Гьесул аудио- ва видеовагIзаби гIатIидго тIиритIизарун руго татаразул гIолохъанал бусурбабазда гъорлъ. Гьалеха гьадинаб асаралъул хIасилалда гIолохъанал ахир-къад уна дорехун».
Россиялъул тIадтаразул пикруялда гIолохъанал рохьоре унел руго жамгIияб гIумруялда жидее бакI батуларого. Аслиял гIиллабазул цояблъун гьезул хIисабалда ккола хIалтIи гьечIолъи. Хасго гьадинаб пикру цо гуреб нухалъ загьирабун букIана Шималияб Кавказалъул федералияб икълималда Россиялъул президентасул вакил Александр Хлопониница. Сулайманов Раисица абулеб буго гьебги мекъаб пикру бугин:
Сулайманов Раис: «ГIарац сабаблъун гуро гIолохъанал рохьоре унел. ХIалтIи гьечIолъиялъ гIолохъанал рохьоре ритIула ян абулезги гIантал жал рицунел руго. Татарстаналда бугеб ахIвал-хIалалде балагьун дида абизе кIола бакIалъулал вагьабиял мискинчагIи гурин. Аслияб къагIидаялда гьел киналго ккола ресалда ругел хъизаназул васал».
Радикализмалъе унго-унгояб гIилла Россиялъул политологаздаги тIадтараздаги батулареблъиялъе нугIлъи гьабулеб буго цойги хIужжаялъ.
Исана май моцIалда Москваялдаги Чачан Республикаялдаги гIуцIун букIана халкъаздагьоркьосеб динияб конференция. БатIи-батIиял улкабаздаса гьенире рачIарал бусурбабазул гIалимзабаз ва диниял хIаракатчагIаз тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалъ къабул гьабун буго Иджма абулеб гIаммаб фатва. Гьеб фатва къватире риччараз гIаммал гьабуна халифат, такъфир ва жигьад абулел терминазул магIна бичIчIизабизе. Гьезул рагIабазда рекъон гьел терминал мекъса бичIчIани – гIицIго Россиялда гуребги – тIолго дунялалдаги ругел бусурбаби радикализмалде руссинаризе бегьулилан.
Баккулеб буго суал: ГIагараб Машрикъалда ва гIараб улкабазда цIалулел Россиялъул гIолохъанал бусурбабазда радикализм малълъарулеб бугони щайха жидее къваригIараб мехалда Россиялъул тIадтараз гьединал дарсал кьолел ахIулел жидеего кумекалъе?
Дол къоязда нижер программаялъе баян гьабулаго Россиялъул Исламияб Комитеталъул бетIер ХIайдар Жамалица абуна шайих ГIабдул Вагьабил малълъи жиндир заманалда хасго сагIудиязул ракьалда баккун бугониги ва гьеб сагIудиязул официалияб динияб гьаркьеллъун къабул гьабун бугониги жакъасел салафитаз сагIудиязул гIалимзабазул хIурмат гьабулеб гьечIин:
ХIайдар Жамал: «Жакъасеб радикалияб салафийа байбихьулеб буго СагIудиязул тIалъиялде гьабулеб дандечIеялдаса. Ай СагIудиязул ГIарабустан гъозул пикруялда ккола кIигьумерлъиялъул, ришватчилъиялъул ва хал кквеялъул мисаллъун.
Гьеб цо. КIиабизеги – жидерго низамазе хъулухъ гьабулел гьанжесел гIалимзабазул расги хIурмат гьабулеб гьечIо гьел гIолохъанал салафитаз, гъозда гьезул божелги гьечIо, гъозие гьез кIварги кьолеб гьечIо.
Хасго Шималияб Кавказалъул гIолохъанал салафитаз дол гIалимзаби жидерго гIакълучагIилъун рикIкIунел гьечIо. Къувейталъул ялъуни СагIудиязул гIадал цогидал низамаз рилълъанхъизарулел щинал къагIидаби жакъа пайда гьечIеллъун ккола».