Ккурал гIадамазе зулму гьабунилан ахирал моцIазда Татарстаналъул низам цIунулел идарабазда сверун скандал лъалхъулеб гьечIо. Казаналъул
Туснахъалъул азарханаялда батараб битаялъ цIидасан бижизабуна гьенир жанир тIамурал рухулел ратилин абураб щаклъи. Чанго моцIалъ цебе Татарстаналъул низам цIунулел улкаялдаго сурун рукIана Казаналъул полициялъул цо бутIаялда сурав босулаго гьез вахIщиго вухарав чи хвеялда бан.
Казаналда бугеб инсанасул ихтиярал цIунулезул централъ 30 июналда лъазабуна туснахъалъул азарханаялъул хал-шал гьабулеб мехалда жидеда батанин тIад батIи-батIиял хъвай-хъвагIаял гьарураб бейсбол хIалеб бита ва гьеб гIадамал рухизе хIалтIизабулеб батиялда щаклъи бугин жидерин.
Татарстаналъул тохаллъи гьабулеб жамгIияб комиссиялъул гIахьалчагIи Владимир Рубашныяс ва Николай Архиповас туснахъалъуб батараб гьеб битаялъул суратги бахъун буго. Гьелда тIад хъван букIун буго «транквилизатор», «геморроялде данде дару» ва «МоцIроде сапар» абун.
Рубашныяс бицана гьенир рукIарал хъулухъчагIазда бажаричIин гьеб бита киса ва щибизе гьенибе ккарабали бичIчIизабизе.
Владимир Рубашный: « Дица гьеб босана кодобе, бихьизабуна гьенив вукIарав хъаравуласда ва гьикъана гьеб бита гьениб щиб мурадалъе гIоло бугеб жойин. Гьесда бажаричIо дие жаваб кьун. Цин гьес абуна гьеб бугин туснахъазухъа бахъараб диваналъул процессалда далил хIисабалда хIалтIизе бугеб жойин. БичIчIулеб букIана гьеб гьереси букIин, щайгурелъул диваналда далил хIисабалда хIалтIизабулеб алат ккара-ккаралъубе рехун букIунеб жо гурелъул. Лъихъа, кида нахъе босараб, гьелъул номер щиб -г ьеб кинабго мухIкан хъван букIине кколелъул».
Татарстаналъул низам ц1унулел идарабазул х1алт1уде к1удияб к1вар кьуна инсанасул ихтиярал ц1унулез ва жамг1ияталъ исана март моц1алда ккараб х1ужаялдаса хадуб. Полицияз шампанскоелъул шишица жинсияб зулмуги гьабун цо туснахъав хвеялъул х1ужа ккола гьеб.
52-сон барав Сергей Назаров Казаналъул полициялъул бутIаялда инжит гьавун хадув хвейдал хъулухъалдаса рехун вукIана Татарстаналъул полициялъул бетIер ва гьеб ишалъул цIех-рех жеги рагIалде бахъун гьечIо.
Казаналъул инсанасул ихтиярал цIунулез прокуратураялда гьарулеб букIана гьеб битаялда сверун ишалъул цIех-рех гьабейин.
Гьеб лъугьа-бахъиналда сверун республикаялъул низам цIунулел идарабазул реакция хехаб букIана. Гьез абулеб букIана гьеб бугин туснахъаз объекталда бугеб тукадаса босараб жойин ва гьез гьеб кIиабилеб къоялде тIагIинабунги буго.
Рубашныясда ва Архиповасда гьез гIунтIизарулел руго «жамгIияб пикруялъе» асар гьабизе хIаракат бахъиялъул ва республикаялъул тIамихI тIубазабулеб системаялъе «дискредитация» гьабулеб букIиналъул гIайибал.
Инсанасул ихтиярал цIунулез абулеб буго жидеца лъидаго гIайибал гIунтIизарулел гьечIин, гьеб битаялъ гIицIго жидер щаклъи бижизабунин.
Амма Рубашныясул ракI чIараб буго туснахъалъул администрациялъ ритIухълъи бахчулеб букIиналда.
Владимир Рубашный: « Гьеб бита букIана бакI-бакIалъан чIикIан. Гьелъул гIоркь букIана гIезегIан чорок. ГIодоб лъун букIараб битаялда гьеб релъун букIинчIо. Гьеб хIалтIизабулеб букIараблъи бихьулеб буго. Гьелда хъвай-хъвагIаялги рукIана батIи-батIиял, батIи-батIиял хатIаз хъвараб. Дида ккола туснахъалъул хъаравулаз цоцахъе кьун гьел хъвай-хъвагIаял цIикIкIунел рукIун ратилин».
Гьеб харбида цебеги букIана Татарстаналда низам цIунулезда сверун цоги скандал. Республикаялъул муфтий чIвазе къасд гьабиялда щаклъи ккун жанив тIамурав Кудакиев Мурадица гIарз гьабун букIана заманалъ жанив ккураб бакIалда электрошокер хIалтIизабун гIазаб кьолеб букIанин жиндиейин.
Эркенлъи Радиоялъул татаразулгун-башкиразул хъулухъалъул мухбир Курмашева Алсу