Ссылки для упрощенного доступа

Мутья: ираналъулазе къанунияб - таджиказе хΙарамияб...


Таджикистан - Шагьаралъул бертин. Мутья-магьариялъул ригьин гьабулеб мехалда бахΙаралъ гьединаб ретΙел ретΙуларо. (Иллюстративияб сурат).
Таджикистан - Шагьаралъул бертин. Мутья-магьариялъул ригьин гьабулеб мехалда бахΙаралъ гьединаб ретΙел ретΙуларо. (Иллюстративияб сурат).

Таджикистаналъул диниял лидераз жидерго руччабазда лъазабулеб буго Ираналда рилъанхъарулелгΙадал лахΙ-магьариялъул ригьиназдасан гьезие зарал букΙине бегьиялъул хΙакъалъулъ. Имамзабаз малъиял гьарулел руго таджиказе данде кколел ригьинал гьаризе кколел къагΙидабазда хурхун. Эркенлъи радиоялъул мухбирал Фарангиз Надбилацаги Каюмарс Атоцаги хъвараб макъалоялда къвар буссинабун буго «Мутья» абураб, Ираналда къанунияблъун риккунеб, къокъаб заманалъе гьабулеб ригьиналъул цо-цо аспектазде.

Таджикистаналда мажгитазда гьарулел вагΙзаби аслияб къагΙидаялда хурхарал рукΙуна гΙадамазул щиябкъойилаб гΙумруялъул хΙакъикъаталда. Амма ахирисел къоязда гьезул тема букΙана лъахΙ-магьариялъул, ай заманалъулаб ригьин гьабиялда. Гьединаб суал гьанжелъезегΙан таджиказул жамгΙияталда борхизабун букΙинчΙо.

Рузман какида хадуб Душанбеялъул мажгиталъул имам Эшон ГΙабдул-Басир СагΙидовас руччаби ахΙана, таджиказул тахшаралда ахирисеб 3-4 соналда жаниб гΙадаталде буссун бугеб, заманалъулаб ригьин гьабунгутΙиялде. Гьесул пикруялда разилъулел руго цогидал имамзабиги. СагΙидовас абулеб буго, таджиказул гΙемер руччабазе зарал кканила мутья абураб ираналъул заманалъулал ригьинал гьариялъул хΙассилалдайила. Шиитазул исламалда мутья ккола кΙиябго рахъалъул хΙукмугун цΙараб болжалалда хадуб биххараблъун риккунеб заманалъулаб ригьин. Ираналда гьеб ккола къанунияб къагΙидалъун.

Таджикистаналда дагьал гьечΙо ираниялъулазул жамагΙатал. Гьезул аслияб къадаралъ гΙумру гьабун буго Душанбеялда ва цогидал чΙахΙиял шагьаразда. Таджиказул аслияб къадар ккола суннитал ва исламалъул гьеб гΙаркьелалъ мутья къабул гьабуларо. Гьедин букΙаниги, Таджикистаналъул ислам цΙилъиялъул партиялъул культураялъул департаменталъул нухмалъулей Зурафо РахΙмоница абулеб буго, жакъа жидеда гΙемер рагΙунеб бугила таджиказул руччабаз аслияб къагΙидаялда мутья ригьин гьанир ругел ираниязулгун гьабулеб букΙиналъул хΙакъалъулъила. «Гьединал ахир-къадги хутΙулел руго я ихтиярал, я жидер лъицаниги цΙай кколарел ручабилъун» – ян абулеб буго Рахмоница. Гьединал бихьинал аслияб къагΙидаялда улкаялдасан нахъе унел руго, жидерго заманалъулал лъудбиги тун. Бищунго ракΙ хвезабулеб жо кколила гьединал ригьиназда хадуб цо-цо руччаби кодор лъималгун хутΙулел рукΙинила, жубалеб буго гьелъ.

Зурафо Рахмон: «Таджикистаналда цΙакъ захΙматаб экономикияб ахΙвал-хΙал буго. ГΙемерисел бихьинал унел руго улка тун къватΙире хΙалтΙи балагьизе. Амма руго къватΙисел улкабаздасан Таджикистаналде хΙалтΙизе рачΙунел гΙадамалги. Гьединлъидал Таджикистаналда мутья-магьариялъул ригьинал гьариялъул хΙужаби цΙиккунел руго. Ахирисел соназда хΙалуцунел ругел социалиялгун экономикиял проблемабазги гьелъие квербакъи гьабулеб буго.»

Мутья ригьиназул кинабгΙаги официалияб статистика гьечΙо улкаялда. Амма РахΙмоница абулеб буго гьезул къадар нус-нус бугила. Душанбеялда бугеб Ираналъул вакиллъиялъ ЭР таджиказул сервисалъе лъазабуна, жидехъе киданиги гΙарз гьабун букΙинчΙила таджиказул руччабаз ираналъул гражданазулгун гьединаб ригьаналда хадубила.
Таджикистан - Бертин. БахΙарав балагьун чΙун вуго бахΙаралъухъ. (иллюстративияб сурат).
Таджикистан - Бертин. БахΙарав балагьун чΙун вуго бахΙаралъухъ. (иллюстративияб сурат).

Таджиказул имамзабаз абулеб буго мутья кколиларила исламияб къагΙидайила. Гьеб данде кколарила таджиказ билъанхъизабулеб диналдеги гΙадатаздеги. «Мутья ккола хъахΙбалъиялъул легализация гьабиялъул къагΙида ва нилъеца гьеб риккине бегьуларо динияб ригьинлъун, гьеб кколар хΙарам» - ян абулеб буго СагΙидов имамас. Рузман къоялъул вагΙза гьабулаго гьес абулеб буго, таджиказул руччабазул ракΙалда кквел гьечΙолъи ва диниялги гражданиялги ихтияразда хурхун лъавукълъи кколила гьел гьединал ригьиназул къурбаналлъун лъугьиналъе гΙиллайила.

Душанбеялдасан 25 сон барай жиндирго хΙакъаб цΙар бицинчΙей Майае чияр культураялъул чиясулгун заманалъулаб ригьин букΙун буго тΙоцебе бер щварабго рокьи баккиялъул хΙассил. Гьелъ абуна, жиндирго вукΙарав партнер, ираналъул бизнесчиясулгун лъай-хъвай гьабунила цебесеб соналда къватΙисел улкабаздасан бечедал гΙадамазе бокьулеб хирияб рестораналдайила. Гьединаб ригьин гьабиялъул цебелъей гьес цΙакъ хехго загьир гьабунила ва жий гьелде разилъанила. Динияб цермония тΙобитΙанила «бахΙарасул» гьалмагъас, «нугΙазабилъун» рукΙаниал гьесул кΙиго цогидав гьалмагъила, бицана гьелъ.

«Пуланаб жо абун букΙана гьес заманалъулаб ригьинги рехсон. Амма дида тΙубанго бичΙун букΙинчΙо гьеб, дида ккун букΙана гьес гΙадатияб цодорлъи гьабулеб бугилан. Амма гьес дун тана анлъго моцΙалдасан. Дун гьанже хутΙун йиго гьитΙинай ясгун. Дие гьес кинабгΙаги кумек гьабулеб гьечΙо, я гΙарцил, я моралияб рахъаздасан.» -ян бицана Майаца.

Гьединал хΙужаби такрарлъичΙого рукΙиналъе таджиказул имамзабаз руччаби ахΙулел руго къватΙисел пачалихъаздасан гΙадамазулгун гьединаб, хасго шиитазулгун официалияб регистрация гьабичΙого, динияб ригьин гьабунгутΙиялде. Гьеб гьабизе кколарила юридикиял документазда гъулбасал гьаричΙого. Нагагьлъун официалияб регистрация гьабулеб гьечΙони, чΙужугΙадан ригьиналъул заманалда ва ратΙанлъун хадуй жийго цΙунун йикΙиналъул контракт гΙуцΙун гьабуни, тΙадеги лъакΙ букΙиналан, малъиял гьарулел руго гьез.

Полигамия Таджикистаналда ъкануналда рекъон ккола такъсир. Гьелъухъ кьезе бегьула туснахъалъул щуго сон.
XS
SM
MD
LG