Ссылки для упрощенного доступа

Тажикистаналъул росал камурал лъудби


Тажикистан -- Ракълилаб къотIи (1992-1997 соназул гражданияб рагъдаса нахъе гьабураб)
Тажикистан -- Ракълилаб къотIи (1992-1997 соназул гражданияб рагъдаса нахъе гьабураб)

15 соналъ цебе Тажикистаналда ахиралде щвана гражданияб рагъ. ГIемерал руччаби росал гьечIого хутIана. Тажикистаналъул Исламияб Централъ гьезул тIалаб-агъаз гьабулаго къватIибе биччан буго хасаб фатва. Гьеле гьелъул хIакъалъулъ нижер радиоялъул мухбир Фарангъиз Нажибулаца хъвараб макъалаялъул аслиял пикраби.


СагIидова ГIазизаца 1992 соналъул хасел ракIалде щвезабулаго абулеб буго зоб бихъулеб гражданияб рагъул байбихьуда жиндир гIагараб шагьар тIубанго биххун букIанин, 26 сон барав жиндир росги чIванин доб рагъда. ГIазиза хутIана кIиго моцI барав лъимергун кодоб. Доб мехалда жинда лъалароанин гьеб рагъ щуго соналъ халат бахъине букIин.

Гражданияб рагъул авалалда ГIазиза гIадай жеги 25 азарго чIужу-гIадан рос гьечIого хутIана, жеги аза-азар чи араб бакI лъачIого камуна. 55 азарго лъимер бесдаллъун ккана.

ГIемерал руччаби жегиги гIолохъанал руго.Лъимал гьарулеб ригьалда ругел гьел руччабаз гIаклъу гьарулеб буго диниял тIадтараздаса. Куляб шагьаралъул мажгиталъул имам Ражабов Хомурадица гьадин бицунеб буго гьелда бан:

Ражабов Хомурад: «Гражданияб рагъдаса нахъе къо бихьарал ва жидерго росал кир ругелали, лъаларел гьел руччабаз нижеде хитIаб гьабулаан, росал чIагоялищ-чIван ругищ абураб суалалъе жаваб батуларого. Ва гьеб суал жигараб къагIидаялда дандбалеб букIана».

БакIалъулаб тIалъиялъ ва халкъаздагьоркьосел гуманитариял гIуцIабаз росал гьечIого хутIарал гьел руччабазе кумек гьабун буго. Амма руччабазул ихтиярал цIунулей хIаракатчIужу ХIуринисо Гъафуровалъ гьеб кумек дагьа-макъаблъун рикIкIунеб буго. Тажиказул жамагIаталда цо- цояз пикру гьабулеб буго гьединал руччаби розасе кьезе щай бегьуларебин абураб.

Амма жалго руччабазул пикраби батIиял руго. «Дир рос Ахрори Шарифица жиндирго гIумру бичана доб рагъда. Гьединлъидал дир ракI чIараб гьечIо дун цIидахъан рос-рукъалде юссине кколеблъиялда», - ян абулеб буго ГIазизаца. Аммаила тIаде жубалеб буго гьелъ, жинца тIадехун рехсараб фатва къабул гьабулеб бугин:

Тажикистан -- СагIидова ГIазиза, 2012
Тажикистан -- СагIидова ГIазиза, 2012
СагIидова ГIазиза: «Дибирзабаз абулеб буго гIумру халат бахъинабизе кколин ва рос камурай чIужуялъ къасд гьабизе кколин гIадатияв бихьинчи ватун цIияб ригьнаде ине».

1997 соналда Тажикистаналъул Исламияб Централъ фатва гьабун буго руччаби гIадатияб гIумруялде тIад руссинариялда хурхараб суалалда тIасан. ТIадегIанаб даражаялъул рухIанияз гIадинаб гIакълу кьуна рос гьечIого хутIарай чIужу-гIаданалъе: пашманаб хабар рагIарай чIужу-гIаданалъ цо соналда жаниб чIегIер базе кколин абураб гIадат бугониги, доб фатваялда рекъон ункъго моцIгун анцIго къоялдаса нахъе чIегIер бахъизе бегьулин. Нагагьлъун чIужу-гIадан лъимадуе ятани, лъимер гьабуралдаса гьелъул ихтияр бугин росасе ине, ян абулеб буго Ражабовас.

Цо-цо бусурбан улкабазда ругел гIадатазда рекъон араб бакI лъачIого камурасул лъадиялда тIадаб буго росасе 99 сон тIубазегIан сабру бакIарун йикIине, ян бичIчIизабулеб буго Ражабовас.

Ражабов Хомурад: «Тажикистаналъул Исламияб централъ улкаялда бугеб ахIвал-хIал гIадахъ босун гьабураб фатваялда рекъон араб бакI лъачIого тIагIаразул лъудби ункъго соналъ ралагьун чIезе ккола жидерго росал нахъ руссинегIан. Гьеб болжалалда жанир гъозул росал тIад руссичIони гьеб мехалъ цIияб ригьин хIалалаб букIина гъозие».

Гьадинаб фатва гьабун бугониги гIемерал руччаби цIияб ригьнаде инчIо. Гьел гьанжеги ралагьун чІун руго жидерго росазухъ. Ва гъозул кIудияб хIурмат гьабулеб буго гIадамаз. Росасе арай аза-азар чIужуялъул гIумру хисана тIадехун рехсараб фатваялъ.

XS
SM
MD
LG