Гьебго заманалда Вашингтоналъги абулеб буго, жинца ва жиндир рахъ кколел пачалихъаз Сириялъе шанс кьолеб бугин Москваялъул цебелъей гΙумруялде бахъинабизеян. Гьелдаго цадахъ жал хΙадурал рукΙине ругин къварагΙел бугони, рагъулаб кьаби щвезабизегиян.
Талат къоялда чΙагояб эфиралда ХъахΙаб рукъалдаса гьабураб хитΙабалда Цолъарал штатазул президент Барак Обамаца лъазабуна, гьанжеги ригьго бугин москваялъул ахΙиялда рекъон, Дамаскалъ химикияб ярагъ халкъазда гьоркьосеб контролалде гъоркье кьезе букΙиналда божизеян. Амма ругин цо-цо хьулал рижинарулел ишарабигиян.
Барак Обама: «Башар Асадил режим мукΙурлъана гьанже жиндир химикияб ярагъ букΙиналда. Гьелъни гьеб ярагъ хΙалтΙизабизе гьукъулеб халкъазда гьоркьосеб конвенция гъубасизе бугин жидер улкаялъинцин абуна. Амма цΙакъго ригьго буго, гьеб цебелъей гΙумруялде бахъинабизе букΙиналда божизе. Асадил режималъ жиндирго рагΙи кколеб букΙиналда ракΙ чΙараб букΙине ккола, божизе ккани. Гьеб инициативаялъ ресал рагьулел руго къуват хΙалтΙизабичΙого химикияб ярагъ хΙалтΙизабиялъул хΙинкъи тΙагΙинабизе. Хасго Россия Асадил бищунго рахъ кколеб улка букΙин ракΙалде босани.»
Гьедин букΙаниги Обамаца лъазабуна, жинца буюри кьунин америкаялъул рагъул къуватазе, нагагьлъун дипломатияб хΙалтΙиялъе икъбал щолеб гьечΙони, Асадил режималде рагъулаб тΙадецуй гьабизе хΙадурал рукΙиналъулин.
Россиялъул планалда рекъон, Сириялде ритΙизе руго халкъазда гьоркьосел тоххалчагΙи. Гьез чΙезабизе ккола химикияб яргъил улкаялъул кинабго къадар. Ахир-къадги гьеб ярагъ тΙубанго тагΙинабизеги ккола. Дамаскалъ гьеб планалда гъоркь лъуна жиндирго гъулбас.
Обамаца гьединго лъазабуна, жинца халат рахъинаризе ругин Россиялъул президент Владимир Путинилгун контактал. Цолъарал штатал, Франция ва Британия хΙалтΙизе бугин Россиягунги Китайгунги Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул ХΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалъул резолюция дандбалагоян. Цолъарал штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керри данчΙвазе ккола Женеваялда хамис къоялда Россиялъул къватΙисел ишазул министр Сергей Лавровгун.
Вашингтоналъ абулеб буго, жиндихъ ругин гΙурал далилал Асадил режималъ Дамаскалъул рагΙаллъиялда 2Ι августалда оппозициялъул къуватазде данде загьруяб газ зарин хΙалтΙизабун букΙиналъеян. Цолъарал штатаз лъазабулеб буго гьелъул хΙасилалда хванин 1400 чийин, гьездаго горлъ 400 лъимерги.
ТΙоцебе рикΙкΙунеб букΙана Обамаца жиндирго хитΙаб гьабизе бугин, америкаялъул жамгΙият америкаялъул хΙинкъигьечΙолъиялъул интересал цΙуниялъул, Асадил режималде данде къуват хΙалтΙизабиялъул къварагΙел хΙакъикъаталдаги букΙиналда божизабиялъул мурадалдайин. Гьелъул бакΙалда Обамаца лъазабуна, дипломатиб хΙалтΙиялъе гΙатΙилъи хутΙиялъул мурадалда, жинца конгрессалъул нухмалъулезда гьаранин Сириялда кьаби щвезабизе изну кьеялда хурхараб суалалда сверун гьаркьал кьей заманалъ тейилан. Гьедин букΙаниги жиндирго каламалъул аслияб бутΙа гьес кьуна, къуват хΙалтΙизабиялъул къагΙида щаяли къваригΙун букΙин бихьизабиялъе.
Барак Обама: «Нилъ щибниги гьабичΙого чΙун ругони, Асадил режималда бихьизе гьечΙо химикияб ярагъ хΙалтΙизабиялдаса инкар гьабиялъул магΙна. Гьеб ярагъ хΙалтΙизабиялъе ресал тΙагΙинарулел ругони, цогидал тираназдаги, зулмучагΙаздаги бихьизе буго загьруял газал росиялъулги, гьел хΙалтΙизариялъулги кинабгΙаги магΙна гьечΙеблъи. Гьединал диктаторал гьедин толел ругони, нилъер рагъул къватазде дандеги хΙалтΙизабизе бегьула гьединаб ярагъ. КΙвар кьечΙого тани, гьеб щвезе бегьула гьединго террористиял къокъабазухъеги. Гьез гьеб гражданияб халкъалде дандеги хΙалтΙизабизе бегьула.»
ТΙатΙала квералги лъун чΙун ругони, Сириялъул рахъ кколеб Ираналъги жиндирго ядерияб программа гΙумруялде бахъинабиялдаги жигарлъи цΙикΙкинабизе бегьулин, абулеб буго Обамаца. Гьесулго рагΙабазда, нагагьлъун къватияб асар Асадил режималде гьабулеб бугони, америкаялъул солдатал сириялъул териториялда рукΙине гьечΙо.
Цолъарал штатазда бугеб Германиялъул Маршаллил фондалъул эксперт Марк Джекобсоница абулеб буго Обамаца гьарулел галаби ругин жидеда нахъ магна бугелин.
Марк Джекобсони: «Дида ккола, россиялъулазда бичΙчΙине бугин, Цолъарал штатаз ракΙбацΙадаб къагΙидаялда дипломатиял къагΙидабаздаса пайда босизе гΙамал гьабулеб букΙин, Америкаялъ нахъе цебе балагьичΙого рагъул къагΙида бищулеб гьечΙеблъи. Балагьани, Обамаца гΙадахъ босулеб буго россиялъул ракълилабин абулеб позиция, Цолъарал милатазул гΙуцΙиялъул хΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалда Россиялъул церелъеял ургъунго нахъ чΙвалел гьечΙо гьес. Гьелдаго цадахъ дида ккола, гьесда бичΙчΙунеб бугин, химикияб яргъида хурхун сириялъул рахъалде тΙадецуялъул механизамал рукΙине кколеблъиги.»
Цо-цо экспертаз рикΙкΙунеб буго ХΙинкъигьечΙолъиялъул мажлисалда къабул гьабизе ракΙалда бугеб резолюциялда сверун кΙудиял бахΙсал рукΙине бегьулин.

ЭРалъул цΙиял харбазул редакция