Шиитазул динияб бербалагьи дунялалда баккана 632 соналда (ГIисал диналъул календаралда рекъон) МухIаммад авараг абадияб рукъове ун хадуб. Доб заманалда бусурбаби рикьана кIиго бутIаялъ. Цояз абулаан аварагасул ирсилавлъун Абу-Бакр вукIине кколин, цогидазул пикруялда гьединавлъун къабул гьавизе кколин ГIали. Гьедин Ислам дин бикьана шиитазда ва суннитазда. ГIага-шагарго 1.6 миллиард бусрбанчи ккола суннитал. Ай – 90 процент. Шиитаз гIумру гьабулеб буго аслияб къагIидаялъ Ираналда, ГIиракъалда ва цогидал улкабазджа.