Ссылки для упрощенного доступа

Путиница тIадкъай кьун рагIулила Сулахъ росдал курорт гьабизе


Москваялдаса гьарбал Сулахъ росулъ, 31Июл2012
Москваялдаса гьарбал Сулахъ росулъ, 31Июл2012

Каспий ралъдал рагIалда гIумру гьабулел Сулахъ росдал гIадамазулги гIорхъаби цIунулезулги ричIчIунгутIиял лъугьаралдаса чанго сон буго. ХIатталдаса ун гьоркьорлъаби хвезе лъугьиндал, гIадамаз шагьранухал къан, яги митингал гьарун бихьизабула жидерго разилъи гьечIолъи. Щиб гьез гьабуниги къанун хвезабугеян тIирун чIун гIорхъаби цIунулелги рукIуна.

Сулахъ росдал гIадамазда ва гIорхъаби цIунулезда гьоркьоб аслияб дагIба-рагIи буго ралъдалъа ччугIа кквеялда тIасан, къануналда рекъонищ гьез гьеб кколеб бугеб, яги гуребищ абураб суалалда тIасан. Гьеб суал гьоркьоб лъун букIана 31 июлалда Сулахъ росулъ тIобитIараб данделъиялдаги.

31 июлалда гьеб данделъи Сулахъалда Москваялдаса гьалбалги рачIун тIобитIана. Россиялъул хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул вакилзабиги Дагъистаналъул тIалъиялдаса чагIиги гъорлъе рачун гIуцIараб хасаб комиссия рагIула гьеб росдал масъалаби тIураялъе.
Сулахъ росдал гIадамазул 11 процент буго хIалтIизе бажарулезул. 67 процент ккола нугъай миллаталъул чагIи.

Сулахъ росдал руччабазул бащадалдаса цIикIкIараб къадар руго браконьерал хIисабалда диваналъ хIукму къотIарал. Цо-цоязе гьеб ункъо-щуго нухалдаги къотIун буго. Амма щиб гьабуниги руччабаз ччугIа бичи жибго толаро, гьезул бихьиназ ралъдалъ гьеб кквейго гIадин.

Щайгурелъул умумуздаса байбихьун ччугIа кквеялда ругьунал нугъаязул гIадамал жакъа къоялъги гьебго пишаялда руго. БетIербахъиялъе жидер росулъ тIокIаб батIияб ресги гьечIилан бицана гIадамаз. Советияб заманалда букIараб ччугIил кIиго заводги къан буго. Сулахъ росулъ гьечIо гьединго азархана, спортзал, культураялъул рукъ, банк, банкомат, социалиял хъулухъазухъ кколеб гIарац кьолел бакIал ва цогидаб.

Гьединлъидал росдал гIадамал гьитIинаб къваригIелалъгицин МахIачхъалаялде щвезегIан рачIине кколел руго. Амма гьелда тIад гьезул тIубараб къо холеб буго. Гьелда тIадеги жеги гIезегIан масъалаби ругоан гьезул. Гьезда гьоркьоса бищун аслияблъун сулахъалъулаз рикIкIунеб буго бетIербахъиялъе ччугIа кквеялъе гIорхъаби цIунулез жидее квалквал гьабулеб букIин.

ГIорхъаби цIунулез бокьараб мехалда ралъдалъе рахъине гьукъиялъ чанги хIужаби ккун руго гIолохъаби гъанкъарал. Масала, гьедин резиналъул расаялда рекIун ралъдалъе арав чанго гIолохъанчи гьуриги бахъун лъеца цо рахъалде хъамун иналъул бицана Мажидов абулев чияс гьеб данделъиялда.

Мажидов: «Гьез жидерго гIагарлъиялъухъе ахIун буго жидеда хадур рахъаян. Хасалил заман букIана гьеб. Лъелъ рукIарал русбузда цIерги чIван букIун, гIолохъаби хвасар гьаризе гIурухъан ине рукIана гьезул гIагарал. Амма къаси мехалда ралъдалъе рахъине гьукъун бугилан, гIорхъаби цIунулез риччачIо гьел. Риччазе ккани, гIезегIан документал цIезаризе кколел ругоан. Нахъисеб къоялъ инеги кватIун букIана. Гьединлъидал къого, къоло хадур сонал рарал дол гIолохъаби араб бакI лъачIого тIагIана. Цо гуро гьединаб хIужаги ккараб, чанги ккана».

Нужеца ччугIа къануналда рекъон кколеб бугони, бихьизабураб заманалда ралъдалъеги рахъунел ругони, лъицаниги тIадкIалъай гьабуларин чIана сулахъалъулазда Москваялдаса рачIарал хIинкъи гьечIолъиялъул федералияб хъулухъалъул вакилзаби. Амма гьеб гьадингосеб хабар бугин квер хьвагIана гIадамаз. Масала, «Дельта» абун гIуцIунги букIун, гIорхъаби цIунулез 2 млн гъурщил гIакIаги тIад къотIун къазе ккараб предприятиялъул нухмалъулевлъун вукIарав Байсултанов Казбек кIалъана гьенив.

Нужее ччугIа кквезе ихтияр мекъи кьун бугилан гIорхъаби цIунулез тIад гIакIа къотIи мекъаблъун чIезабун буго Краснодаралъул диваналъ. Гьедин кIигониги нухалда «Дельтаялъе» данде кколеб хIукму къотIаниги гIорхъаби цIунулез жал хIалтIизе течIин бицана Казбекица. Гьедин гьезда тIасан хъварал гIарзабиги кколелъуре щвезе течIила. Къануналъ ихтияр кьун бугин нужее гьел документал тIалаб гьаризеян малъарана Казбекида хасал хъулухъазул вакил.

Байсултанов Казбек: «Гьел тIалаб гьаризеян лъугьун рукIана ниж, амма нужер поч хашго хIалтIулеб бугилан кIалдирего къинаруна».

Гьедин гьанже кинаб букIаниги гIарзалъ ине къануналъ бихьизабураб болжалги лъугIун тату хун руго Казбекги «Дельтаялъул» цогидал хIалтIухъабиги.

Сулахъалъул мажгиталъул имам СагIидица гьел Москваялдаса рачIарал гьалбадеридаги гIорхъаби цIунулездаги гIезегIан кьварун лъазабуна гьанже нужеца жидеда данде щиб гьабуниги, метер къиямасеб къоялъ гьеб киналъулго жаваб кьезе кколин нужеца. Гьез гьединго абуна пачалихъалъул вакиллъиялъ жидеда данде мекълъи хIалтIизабуниги, цо талихI бугин жидер гIолохъабиги кодоб ккун ярагъгун «рохьилазул» кьеразулъе инчIого чIун рукIин.

Гьеб мехалда гIорхъаби цIунулез жаваб кьуна жал халкъгун рагъулел гьечIин, браконьералгун гурониян, низам хвезабулел нужеде жидеца кьвагьизегIаги кьвагьуларин, амма мадугьалихъ ругел Казахстаналъул гIорхъаби цIунулел хъата-масан журалин кьвагьдезе.

Браконьерал хIисабалда эбел-инсуе диваналъ хIукму къотIун букIиналъ гьезул лъималгицин лъикIал хъулухъазде росулел гьечIин гIаразал рукIана сулахъалъулазул. Масала, Россиялъул армиялде ритIулел гьечIила, полициялде росулел гьечIила. Гьеб пикруялда тIадрекъечIо МахIачев ХIажи. Москваялда Дагъистаналъул вакиллъиялъе нухмалъи гьабулев гьев Москваялдаса гьалбадерида цадахъ вачIун вукIана 31 июлалда Сулахъалде.

Афгъанистаналда вагъулаго сакъатлъарав ХIажибатирица МахIачев ХIажида гьарулеб буго министр Эфендиевасухъе нух бахъизе кумек гьабеян, Сулахъ, 31Июл2012
Афгъанистаналда вагъулаго сакъатлъарав ХIажибатирица МахIачев ХIажида гьарулеб буго министр Эфендиевасухъе нух бахъизе кумек гьабеян, Сулахъ, 31Июл2012
МахIачев ХIажи: «ЧIанда буго гьеб. Дунги вуго диваналъ хIукму къотIарав чи. Амма дун лъабцIул вищана Пачалихъияб Думаялде, дун ккола юридикиял гIелмабазул доктор, профессор…».

Гьелдаса хадуб МахIачевас гьеб росдал гIадамазе рагIи кьуна бокьарав гIолохъанчи полициялде хIалтIизе лъугьинавиялъе квербакъизеги, росулъ спортзал базе кумек гьабизеги. ГIорхъаби цIунулезги абуна жидеца цо-цо хIужаби хIисабалде росилин. Гьелдаса хадур гьел ана Дагъистаналъул нухмалъулесулгун гьел суалал гьоркьор лъезеги.

ГьабсагIаталда рахъун пачалихъиял хъулухъчагIаз Сулахъалде кIвар кьезе лъугьиналъе гIилла бичIчIулеб гьечIоан цо-цоязда. Гьединлъидал байбихьана гьелда сверун батIи-батIиял харбалги рижизаризеги. Масала, Россиялъул президент Путиница тIадкъай кьун рагIулила Сулахъ росдал курорт гьабизе. Ралъдал рагIалда бугеб жидер росулъ хIалтIизе бакIал чIезаризе пачалихъалъе захIмалъулеб батани, гьеб туристал рачIунеб бакIалде сверизабизегIаги ресал ралагьеян гьарулеб букIана гьеб жалго росдал гIадамазги.
XS
SM
MD
LG