Мисалалъе, «Россия» телеканалалъул журналист Евгений Поповасул репортажалда цебе дикторас гьеб процессалда гъоркь инсанасе гΙадатияблъун кколеб, ай, гΙумрудул лъикΙал шартΙал ралагьиялъул кьуч бугин абулеб букΙаниги, авторас кΙвар кьун бихьизабулеб буго, бакΙалъулал гΙадамазде Щималияб Кавказалъул республикабаздаса гΙадамаз тΙадецуй гьабулеб букΙин.
Репортажалда политикаиял гΙелмабазул доктор, профессор Сергей Передерийица абулеб буго, регионалда щибаб щуабилеб хъизан чемоданаздаги гΙодор чΙун ругин жакъайин.
ГΙурусал регионалдаса нахъе унел рукΙиналъул бицунаго, авторас кΙудияб кΙвар буссинабулеб буго регионалда школалзде ясал хΙижабгун хьвадиялда хурхараб ахΙи-хΙуралде. Гьес аслияб хΙинкъилъун гΙурусазе бихьизабулеб буго регионалда исламалде хурхен бугел чагΙи гΙемерлъи. Гьесул пикруялда, аслияб къагΙидаялда гьел гΙадамал кколел руго вагьиябияллъун. Рехсолел руго мадугьалил республикабаздаса рачΙарал гΙадамаз гьарурал такъсиралги. Ахир къадги загьир гьабулеб буго гьадинаб статистикаги.
Евгений Попов: «Аслияб къагΙидаялда гΙурусал кколел 1600 чи нахъе ана Ставрополалъул машрикъалъул рахъалдаса 2011 соналъул 9 моцΙида жаниб.»
Щай цебесеб соналъул статистика хΙалтΙизабулеб бугебали ва щай гΙицΙго ичΙого моцΙ гьениб рехсолеб бугебал, гьебги щиб, соналъул байбихьудаса риккун, авторас кинниги баян гьабулеб гьечΙо.
Нижер программаялъе комментариял гьарурав «Новое дело» газеталъул бетΙерав редактор Марко Шагьбановас абулеб буго Шималияб Кавказалъул республикабаздаса гΙурусал гурелги цогидалги унел ругин. Ва гьелда нахъ гьечΙин гΙицΙго политикияб багьанаян.
Евгений Поповас гΙурусал нахъе унел рукΙиналъул бицунеб мехалда жиндирго репотажалда цогΙаги рагΙи абулеб гьечΙо демографиялда хурхун. КинабгΙаги суал борхизабулеб гьечΙо такъсирчилъиялде данде къеркьезе кколел идарабазул хΙалтΙул. Риккунел руго гΙицΙго диниял суалазда хурхун жидеда сверун баянлъи гьечΙел хΙужжаби. Гьединал репортажал халкъазда гьоркьоб гъуинлъи бижизабуларин риккунеб буго нижеца гара-чΙвари гьабун вукΙарав рехсараб репортаж бихьарав Москваялдаса гражданияв хΙаракатчи Артем Айвазовас.