Москваялъул инсанасул ихтиярал цΙунулеб бюроялъул эксперт, «Инсанги къанунги» абураб юридикияб информациялъул Агентлъиялъул нухмалъулезул цояв Борис Пантелеевас нижер программаялъе лъазабуна, ксенофобиялъул даража тΙад хутΙиялъе квербакъи гьабулеб бугин информациялъул алатаз хΙалтΙизабулеб жахΙдаялъул риторикаялъги кΙигьумерлъийин.
Борис Пантелеев: "Кавказалъулазда хурхун бугеб ахΙвал-хΙал цΙакъго захΙматаб буго. Гьел ккола гΙадатиял москваялъулалгогΙадинал россиялъул гражданал. Амма гьезде абулеб буго гьел чияр гΙадамал ругин, цогидаб сорталъул гΙадамал ругин. Гьединал рагΙабаз квешаб асар гьабиларишха.
Гьанир загьирлъулеб буго кΙигьумерлъи. Мисалалъе, халкъазда гьоркьосел къецазда Кавказалдасан гугарухъанасе медаль щолеб бугони, киназго абулеб букΙуна россиялъулас улкаялъе бергьенлъи щвезабунин. Гьевго гугарухъанас кинаб букΙаниги такъсир гьабуни, киназго бицунеб букΙуна гьесул хΙакъалъулъ миллат рехсон, гьеле гьев кавказалдасан сурукъ, хΙарамзада вугин ва Россиялдасан гьев яризавизе кколин абун. Гьебги щиб гьесулги гьезулгогΙадаб паспортги, россиялъул кьалбалги ругониги. Гьединаб кΙигьумерлъиялъул къагΙидаби цΙакъ жигарго хΙалтΙизарула информациялъул алатазги. ЖахΙдаялъул мацΙ хΙалтΙизабиялъул даража цΙакъ борхараб буго информалатазда."
Пантелеевас гьединго кΙвар буссинабулеб буго, диниялги кульутариялги баталъабиги миллатчагΙаз жидеего пайдагун хΙалтΙизарулел рукΙиналде.
Борис Пантелеев: Кавказалъулазде гΙайиб чΙвалеб букΙана ризго, гьез жидерго къагΙидаби, хΙалтΙизарун гΙадамазе жалго чΙалгΙинарулел рукΙунила абун. Амма гьеб суалалде объективияб къагΙидаялда балагьизе ккола. Москва босе, гьениб цΙакъ гΙолел гьечΙо мажгитал, цивилизациялъул къагΙидаялда бусурбабазул диниял гΙадатал тΙуразариялъе бакΙал. Гьелдаго цадахъ нижеда лъалеб жо ккола Москваялда картонгун пластмасс хΙалтΙизабун 200 гьитΙинаб гьатΙан баялъул планал букΙин. Гьебго заманалда гьениб 4 гурони мажгит гьечΙо. Щуабилеб баккиялъе лъицаниги гарантия кьолеб гьечΙо. Щайгурелъул нухмалъиялъулгун гьеб базе бакΙалда хурхун цо пикруялде рачΙине бажарулеб гьечΙо. Аслияб мажгитги балеб буго цΙакъ захΙматго, гъалмагъиргун. Гьанжеги лъалебцин гьечΙо кидал гьеб бан лъугине бугебали. Гьединаб хΙакъикъаталъул асар буго гΙадамазде. Москваялъулаз риккунеб буго, нухмалъиялъул бусурбабазде кΙиабилеб сорталъул гΙадамаздегΙадаб бербалагьи бугони, жидецаги гьел ращадаллъун къабул гьаризе кколарин.
Гьенире рачΙаразги, къурбан къоялъ релсазда, яги ракьда какикь жалги ран какал разе кколел ругони, баккиларишха гьезул рокьукълъиялъул пикраби. Гьениб щвараб негативияб энергия хадуб батΙи-батΙияб бакΙазда загьирлъулебги букΙинарищха. Гьеб ккола нухмалъиялъул щвалде щвараб гΙакъилаб миллияб политика гьечΙолъиялъул гΙаламат. Дагьалищ загьир гьарулел рукΙарал Россиялда миллиял суалазул министрелъи гьечΙолъиялдаги толерантлъиялъул тарбия кьеялъул концепция гьечΙолъиялъиялдаги харухарал негативиял пикраби!»
Пантелевасул рагΙабазда, жакъа россиялда чΙахΙиял пачалихъиял хъулухъчагΙазцин гΙамал гьабулеб буго толерантлъи абараб рагΙиялъе щиб гьабунги квешаб магΙна кьезе.