Ссылки для упрощенного доступа

СагIудияз радикалазе кумек гьабулеб бугищ?


СагIудиязул къирал ГIабдуллагь (кваранса) ва шайих ГIабдул ГIазиз.
СагIудиязул къирал ГIабдуллагь (кваранса) ва шайих ГIабдул ГIазиз.

СагIудиязул ГIарабустаналъул муфти шайих ГIабдул ГIазизица талат къоялъ лъазабуна Аль КъагIида ва дагьалъ цебе халифат лъазабураб гIуцIцIаби Ислам диналъул тIоцересел тушбаби ругин абун.

Гьадинаб лъазаби загьирабун буго СагIудиязул тахшагьар Эр-Риядалда. СагIудиязул къираллъиялъул бетIерав рухIанияв муфти шайих ГIабдул ГIазизица абуна экстремизмалъул, радикализмалъул ва терроризмалъул кинабгIаги хурхен гьечIин Ислам-диналдаилан.

Халифат лъазабурал къеркьохъаназул хIакъалъулъ бицен гьабулаго, гьес абуна, гьел тIоцебесеб иргаялда жибго Ислам-диналъеги бусурбабазеги зарал гьабулеб бугин. Аслияб къагIидаялда гьез бачунеб рагъул къурбаналлъун бусурбаби ругин.

СагIудиязул муфтияс гьадинаб къимат кьолаго, мугъ чIвай гьабулеб буго Къураналъул аятазда. Къураналъ вахIшилъи какулеб буго, ян ракIалде щвезабулеб буго гьес.

Ислам дунялалда лъугьа-бахъунелда СагIудиязул муфтияс рекIелъ гIагалигун абулеб буго, бусурбабазул уммат бикьун бугин ва гьелъулъ питна бижанин. Питна бижи гьеб бугин бищун кIудияб мунагьилан. Шайих ГIабдул ГIазизица сабруялде ахIи балеб буго.

Июнь моцIалъул ахиралда СагIудиязул къирал ГIабдуллагьица чIван къотIун абуна, «Нижеца террористазе рес кьезе гьечIо Ислам дин жидерго пайдаялъе хIалтIизабизе. Ва улкаялъе зарал гьабизе».

Дунялалъул прессалъ ва политиказ гьеб лъазаби дандбалаго, абулеб буго СагIудиязул ГIарабустан бугин Ислам диналда тIаса дагIба гьечIел хIакъал баянал кьолеб улкаилан. Аслияб къагIидаялда гьадинаб пикру загьирабулеб буго Магърибалъул экспертаз.

Амма радикалиял суннитазул хIисабалда жибго СагIудиязул къираллъи Ислам-диналде данде кколареб пачалихъ бугин. ШаргIалда ва суннаталда рекъон гьелъул бакIалда халифат букIине кколин.

Гьеб лъазабиялъ ракIалде щвезабулеб буго ахирисел соназ Шималияб Кавказалда, хасго Дагъистаналда лъугьа-бахъараб. 1990 соназдаса байбихьун гьениб гIатIидго тIиби тIизабун буго шайих ГIабдул Вагьабил малълъи.

Гьеб малълъи буго СагIудиязул ГIарабустаналъул официалияб динияб гIаркьел. Гьелъул рахъ кколезда Россиялда абула вагьабиялилан ва салафиталилан.

1999 соналда Дагъистаналда кьал багъарун хадусала гьел бусурбаби Ислам-диналъул тушбабилъун лъазабуна Россиялъул официалиял диниял идарабаз. Ва питна багъариялъул гIайиб гIунтIизабун буго СагIудиязул ГIарабустаналъул рухIаниязде.

Амма Россиялъул Исламияб комитеталъул бетIер ХIайдар Жамалица абулеб буго – гьеб бугин тIолго дунялалда салафитазда ва суфиязда гьоркьоб некIогоялдаса бихьулеб питнаилан.

ХIайдар Жамал: ««Шималияб Кавказалда ругел официалиял рухIанияз, хасго Дагъистаналъул динияб идараялъ, кидаго тарикъаталъул нух кколаан, татаразул рухIаниязде данде ккун. 1990 соназда Поволжьеялда ва Татарстаналда тарикъат гьедегIан гIатIидго тIибитIизабун букIинчIо. Дагъистаналъул Динияб идарайин абуни - тIубанго шайих Саг1ид Апандил нухмалъиялда гъоркь букIана.

Ва салафитаздаги официалиял рухIанияздаги гьоркьоб багъарараб питна гьеб букIун буго тIолго дунялалда салафитазда ва суфиязда некIогоялдаса бихьулеб питнаялъул цIияб карачел, цIияб форма».

Исана февраль моцIалда «Аль-Мутава» абулеб СагIудиязул динияб полициялъул бетIер ГIабдел Латеф Аш-Шайихица лъазабун букIана, жиндирго идараялда экстремистал ратун ругин. Ва гьезде данде квьарарал тадбирал гьаризехъин ругин.

Мадугьаллихъ бугел улкабазда жигадалде бараб ахIи гьес рикIкIана къануналде данде кколареблъун. Гьелда хурхун СагIудиязул къиралас гьабураб амруялда рекъон къватIисел улкабазда рагъда гIахьаллъулел сагIудиязе тамих гьабизе бугин.

Гьел хIатта къогоцин соналъ жанире тIамизе ругин. Гьединабго жаза гьабизе бугин экстремистазе гIарцул кумек гьабулел гIадамазе. "Аль-Мутава" абулеб динияб полициялда тIадаб буго СагIудиязул ГIарабустаналда диниял къанунал цIунизе.

Добго февраль моцIалда СагIудиязул ГIарабустаналда къабул гьабун буго терроризмалде данде къеркьей гьабиялъул къанун.

Гьелда рекъон экстремистазе гIарцул кумек гьабулел гIадамазде ва гIуцIабазде данде кьварарал санкцияз гьаризе руго къираллъиялъ.

Гьединго гьеб къануналъ рес кьолеб буго терроризмалда хурхен букиIналда шаклъи бугел гIадамал кквезе.

XS
SM
MD
LG