"Улкаялда,Ленин, квешаб хIал буго..." - ян абураб кочIохъ инсуца гIин кьурабго асда бичIчIана гьеб рахъалде нуцI къазе кколеблъи. Байбихьана ВатIанияб рагъ. Асул кIиго кIудияв вац МухIамадги, Ахилчиги ана фронталде. Гьениса руссинчIо, цояв хвана, цояв араб бакI лъачIого тIагIана:
Севастополалъул кIалгIаби ганчIал,
КIикъоялда цойилъ нуж руго нугIзал.
ЦIорораб накIкIилаб сордо букIана,
Самолет бортана чIегIер ралъдалъе.
Гьелда рекIараб цIа карачелазул.
Квачараб гьелчеялъ свине гьабуна
ГIумру гьечIеб тIагIел тIиналде ана
Гьелда тIад вукIана дир вац Ахилчи...
Ахилчи тIагIана, гьесул жаназацин кодоб щвечIо. ГIемерал кучIдул хъвана шагIирас гьеб камиялъул: "Ахилчи, Ахилчи дир виларав вац, дица чIваразулъ гьечIо цIехолев, дица мун чIагоялъ вуго цIехолев...". Гьединго Балашовалъул госпиталалда хвана МухIамад.
Расул живго рагъде ине щвараб ригьалъул чи вугони вачинчIо, кIиго кIудияв вац иналъги ватила тана гьанив агитхIалтIи гьабиялъул мурадалда. 1943 абилеб соналъ бачIана къватIибе гьесул тIоцебезеб кучIдузул мажмугI "ХIасратаб рокьиги боркьарабги ццинги".
Гьенив вачIинахъего загьирлъана камилав, пасихIав ва гъваридав шагIир. Жиндирго хатI, лугъат, пикру ва гьеб загьир гьабулеб къагIида. ЦIадаса ХIамзатил асаралдаса гьев ворчIана. Гьес щулияб ва биххи гьечIеб кьучI лъуна аваразул классикияб шигIру-кечIалъе. Гьеб нухдаса ХХ гIасруялда ине буго тIубараб гIел цоял цояздаса лъикIал пасихIал шагIирзаби. Гьес хисизабуна поэзиялъул чIваххи.
Рагьана Расул ХIамзатовасул шигIрияб школа. Жакъаги нилъер бищунго лъикIал шагIирал унел руго гьес бокъараб нухда. РукIана чанго хIалбихьиял жидерго нух балагьизе гьарурал, гьезул гIемрисел нух къосун ккана. Халкъалда гьезул гьаракь рагIичIо ва жидерго асаралгун къаникье ана.
Гьезул хадуб бицина. Рагъул темаялда ва рагъда хадусел соназда къо бахъанагIан камиллъулев вукIана Расул. 50 абилел соназул ахиралде хъвана "Дун гьавураб сон" абураб поэма. Бицунаан живго Расулица: "Союзалъул председатель вукIана ХIажи Залов. (РакI бекарав консерватор, мукъсанаб пикруялъул чи вукIана мунагьал чурад. М.Б). Поэмаги цIалун тIехь бахъизе бугеб планалда цадахъ нахъе чIван батана.
Гьикъана щиб ккарабин. Дуцайила гьанив жанив Темирханшураялда Дагъистаналъе автономия кьезе вачIарав товарищ Сталинида аскIов вукIарав гьалмагъ Орджоникидзе рехсон гьечIин ахIмакъал жал рицана. Хадуб бахъана гьеб гьарун цIалун.
ЦIалдолез лъикI къабул гьабуна" - ян абуна Расулица. 1950 абилеб соналъ СССРалъул Хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Фадеевас Сталинил премиялъе асарал рихьизабулеб данделъи букIун буго.
Сталиница гьикъун буго иргаялда республикаби ва хъвадарухъаби рикIкIунаго щал ругел Дагъистаналдаса абун.
-Дагъистаналъул халкъиял поэтал эмен ЦIадаса ХIамзат ва гьесул вас Расул ХIамзатов вуго - ян абун буго Фадеевас.
- Инсул чан сон бугеб, васасул чан? - ян гьикъун буго Сталиница.
-Инсул 72, васасул 27 ...
-Инсуе кье, вас жеги гIолохъанго вуго - ян абун буго Сталиница. Хадусеб соналъ иргадулал лауреатазул цIех-рех унаго Сталиница Фадеевасда гьикъун буго киве арав доб Дагъистаналъул гIолохъанав поэт абун. Кутакалда лъикIаб поэма хъван буго гьес, Иосиф Виссарионович, "Дун гьавураб сон" абун.
Гьеб сонги, дуца Дагъистаналъе автономияги кьун Дагъистан гьабураб сонги данде ккун бугин абун буго Фадеевас.
-Кье гьесиеги, щиб лъалеб совет власталдаса барщизеги рес буго гьедин тани - ян гьимун вуго вождь. 28 сонил ригьалда Сталинил премия букIана улкаялда машгьурлъи, гIемераб гIарац ва кIудияб букIиниселде рагьараб каву. Хадуб щиб ккараб шагIирасул къисматалдаяли бицина иргадулал макъалабзда. Хабар лъикIаб рагIайги.