Ссылки для упрощенного доступа

Россиялъ вето лъуна Сребреницаялда хурхараб резолюциялда


Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъи цIуниялъул Шураялъ гьоркьоб лъуна къого соналъ цебе Сребреница росулъ микьазаргогIан бусурбанчи чIваялъул хIужа геноцидалъул актлъун рикIкIунеб КIудияб Британиялъ хIадур гьабураб резолюция. Гьелда разияб гьечIо Сербиялъул тIадтарал. Россиялъул президентасдехун руссун, гьез гьарулеб букIана рехсараб резолюциялда вето лъеян абун. Россиялъ гьеб гьари гIадахъ босун, 8 июлялда вето лъуна резолюциялда.

1995 соналъул 11 июлялда генерал Радко Младичил бетIерлъуда гъоркь Босниялъул сербазул армиялъ Сребреница бахъун, микьазаргогIан бусурбанчи чIвана. Аслияб къагIидаялда бихьинал ва балъугълъиялде рахинчIел васал.

Сербиялъулгун Россиялъул некIсиял диниял ва тарихиял бухьенал руго. 1990-билел соназдаги Югославиялда унеб букIараб рагъда Россиялъ квербакъи гьабулаан Босниялъул сербазе. Хасго гьеб сабаблъун Сербиялъул президент Томислав Николичица Россиялъул президент Владимир Путинихъе хасаб кагъат битIун, гьарана КIудияб Британиялъ хIадур гьабураб резолюциялда вето лъеян абун.

Дагьалъ цебе Сербиялъул телевидениялъ лъазабуна, гьеб улкаялъул президент Томислав Николичица гIахьаллъи гьабизе гьечIин къого соналъ цебе Сребреницаялда чIварал гIадамал ракIалде щвезариялъул тадбиралда. Гьеб тадбир тIобитIила 11 июлялда. АрбагI къоялъ Франс-Пресс агентлъиялъ лъазабуна гьеб чIегIер баялъул тадбиралде вачIине вугин Сербиялъул премьер-министр Александр Вучич.

«Нижеца чияр халкъалъул къурбаназул хIурмат гьабун, маслигьаталде хIадурал руго, ян абизе заман щвана. Дун ине вуго гьеб тадбиралде Сербиялъул къадру-къимат цIунулаго. Сербиялда кIвана цо-цо гIадамаз гьарурал такъсирал какизе. Гьел гIадамазул цIаралги лъала. Ва нижеца гъозие диван гьабизе буго», – ян абуна журналистазде Александр Вучичица, амма геноцид абулеб рагIи гьес рехсечIо.

Гьелда бан нижер радиоялъул Балканазул сервисалъе интервью кьолаго, Би-Би-Си агентлъиялъул вукIарав мухбир Алан Литтлица гьадинаб баян гьабуна:

Алан Литл: «Сербиялъул республикаялъ инкар гьабулеб буго Босниялда ккараб хIужаялъул хасият къабул гьабиялдаса. Хасго гьеб ккола цебехун гали тIамиялъе квал-кваллъун. Ва Сербиялда гьанжелъагIан я президент я премьер-министр вукIинчIо гьадинаб хIакъикъаталде данде чIезе кIолев».

Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъул юридикиял инстанцияз Сребреницаялда букIараб чIвадари геноцидалъул актлъун рикIкIана, амма Сербиялъул тIадтараз гьеб нахъ чIвалеб буго.

КIудияб Британиялъ хIадур гьабураб резолюциялда хасго абун буго доб чIвадари геноцидлъун рикIкIине кколин маслигьат гьабизе гIоло. ГьабичIони – дагIба нахъеги халат бахъине бугин ва цIияб кьал багъариялъул хIинкъи хутIилин.

Босниялъул сербазул церехъабаз гьеб нахъ чIвалеб буго. Цолъарал Миллатазул гIуцIиялда бугеб Россиялъул илчи хисулев Петр Ильичевас гьелда бан абуна, жибго рехсараб резолюциялъ дагIба багъаризабизе бегьулин. Гьеб гуребги, конфликталъул гIайиб цохIого цо рахъалде гIунтIизаби – мекъаб иш бугин, тIаде жубана гьес.

РакIалде щвезабизин: Гаагаялда бугеб Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул халкъаздагьоркьосеб диваналъ Сребреницаялда букIараб чIвай-хъвей геноцидлъун цебего рикIкIана.

АрбагI къоялъ тIобитIараб Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялъул данделъиялда кIалъазе вахъарав ГIуцIиялъул Генералияв секретарь Пан Ги Муницаги, Югославиялда рукIарал такъсиразул рахъалъан халкъаздагьоркьосеб трибуналалъул пролкурор Серж Браммерцицаги, Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялда Америкалъул илчи Саманта Пауэрицаги, Босниялъулгун Герцеговинаялъул вакил Мирсада Чолаковичицаги геноцидлъун лъазабуна Сребреницаялда къого соналъ цебе букIараб трагедия.

Доб заманалда Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъи ЦIунулеб Шураялъ жиндир контролалде гъоркь босун букIана Сребреница, амма рекъел цIунулел аскариязда кIвечIо аза-азар бусурбанчи хвасар гьавизе.

XS
SM
MD
LG