Устар хун араб анкьида жаниб щибниги ахIи -хIур бахъинабичIо шайихасул рухIияб тарбия щварал аза-азар дагъистанияз. Политологаз загьир гьабулеб пикру кIудияб провокация букIиналде гIадамал рекIеде ратизарулел гIезегIан кIалъаялги рукIана. Араб рузман къоялда МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имам МухIамад Расул- СагIадуевас жиндирго вагIзаялда гIезегIан щвалтIе щун бичIчIизабулеб букIана халкъалда ахIи -хIуралъги цогидалъги лъикIаб ишалде рачунареблъи. Гьес киналго ахIулел рукIана сабруялде, устарасулги гьединабго васият букIанилан тIадеги жубалеб букIана:
МухIамад- Расул СагIадуев: «Киналго политологаз абулеб буго бусурбаби рагъизе ругин жидедаго гъорлъилан, йохъ, ниж рагъизе гьечIо. КIочон тоге устарас абулел рукIарал рагIаби, гьес абулеб букIана нилъ чIвазе ругин, аллагьасул гьединаб къотIи букIиналдаги разилъун хваралги рукъизе ругин-гьелда лъугIола хабар. Лъиениги ихтияр кьун гьечIо рагъуде, биял тIеялде халкъ ахIизе. ТIоцебесеб иргаялда нилъеца киназго сабру гьабизе ккола.
Валлагьи гьечIо диналъул вацал гьениб батIияб нух, кигIан нуж ургъаниги. Нилъерго гIамал хасият бихьизабизе лъугьиналъ тIадеги квешаб бакIалде бачIун гурони, гьаниб хисизе жо гьечIо, гьаниб гIакълуялъул рахъалда букине ккола ахирисеб рагIи, гурони нилъер камиял цIикIкIун рукIине руго. Гьанир цоял руго митингазул бицунел, амма рукIине гьечIо киналгIаги митингал. Гьел къваригIун руго цIи- цIиял багъа -бачариял, нилъедаго данде ярагъ хIалтIизабизе къваригIарал чагIазе. Гьеб кIочене бегьиларо нилъеда».
МахIачахъалаялъул аслияб мажгиталъул имамас хадубги абуна устар хуниланги абун тIарикъаталъул чIагояб къуват лъугIизе гьечIин Дагъистаналда, гьеб жеги щулалъизе бугин халкъалда гъорлъ. Западалъул аналитиказе, дагьабги баянго абуни Цолъарал Штатазул миллатазе къваригIун бугила Исламалъул республикабазда ругел халкъазда гьоркьоб цоцаздехун жахIда рокьукълъи бижизабун, цоцазде гьусизарун гьезда гьоркьоб питна бекьизе.
Америкаялъул пачалихъияй секретарлъун йикIарай Кандализа Райс абулей гIаданалъ хIадур гьабураб вахIшияб программа бугин гьеб. Гьединаб пикруялде гьел рачанин ГIиракъалда букIараб рагъ лъугIун хадуб. Исламалда гьоркьоб рикьи ккезабизе къурбаналъун жидерго аскариял ритIичIого гьез тIаса бищанин дагьабги бигьаяб нух-провокациялъул мисалалда, мацI гьабун жидедаго гьоркьоб питна бекьун исламалъул халкъ лъугIизабизе:
МухIамад Расул СагIадуев: «Нилъее гьебиш бугеб къаригIун?! ГьечIо. Валлагьи гьечIо нилъее гьеб къваригIун! Нилъеца цIунизе буго нилъерго вацлъиги, цолъиги. Гьедин гурони кIвезе гьечIо нилъеда гьездаса бергьине. Гьел къосарал, жидеца гьабулеб ишалъул бичIчIи гьечIел жалго кьвагьизаризе унел руччабазде данде нилъеца хIалтIизабила нилъерго гIелму ва лъай. Гьедин кIвезе буго нилъеда гьезда дандечIезе. ТIокIаб батIияб нух гьениб гьечIо»!
ЧIикIаса устарасул хвелалда хадуб республикаялда ахIвал -хIал хIалуцинин абураб пикру загьир гьаби кколин республикаялда бугеб тIарикъаталъул унго- унгояб хIакъикъат бичIчIуларев чияс абулел рагIабиян абуна ЭР-ялъе Руслан Гереевасги. Шималияб Кавказалда бугеб ислам лъазабиялъул рахъалъ эксперт ккола гьев. ЧIикIаса устарасул республикаялда ругел аза- азар муридазабаз киданиги гьабизе гьечIин устарас гьабугеян абураб жо. Жакъасеб дагъистаналда тIарикъаталъул бугеб асар цIакъго кIудияб буго ва къойидаса къойиде цIикIкIунебги буго.
«Ассалам» газеталъул бетIерай редактор ГIайнаъ ХIамзатовалъ бусрбабаздехун хъвараб рагьараб кагъат бахъун буго РИА Дагъистан информациялъулаб агентлъиялъул сайталда итни къоялъ. Гьеб кагътида гьелъ тIоцебе рагьулеб буго исана ихдал МахIачхъалаялъул КIудияб мажгиталда букIараб салафияздаги суфияздаги гьоркьоб рекъел букIиналъул мурадалда гIуцIараб диалогалъе кьучI лъурай гIадан тIоцее жийго йикIин. Гьеб пикру тIоцебе дандбазе гьей ун йиго СагIид- Афандиясухъе. Гьев кутакалда разилъанин гьелдасайин хъвалеб буго гьелъ.
Амма Бакълъухъа гIалим –Гiабдул-Гъафурил МухIамад чIвараб мехалъ жал щиб гьабилебали лъаларого рукIанин хъвалеб буго гьелъ хадубги, салафиязулгун гьарулел къотIи -къаял гьоркьоб къотIизе теялде бачIунеб букIанин иш, амма ЧIикIаса КIудияс амру хIисабалда абун буго тогейин гьеб гьоркьоб къотIизе. Гьелда тIасан мухIканаб гара- чIвари гьабизе нижее рес ккечIо ГIайнаъ ХIамзатовалъулгун бухьен гьабизе. Нижее бокьун букIана гьелда гьикъизе диалогалъ жиндирго хIалтIи цебехун бачине бугищан. ГIайнаъ ХIамзатова кодое щвечIелъул нижеца гьеб суал кьуна Руслан Гереевасе:
Руслан Гереев: «Диалогалъул хIалтIи гьабизе буго тIарикъаталъул суалал тIуразе ругев чияс, цIияв шайихас. Дида бичIчIулеб бакIалдаса гIебеде, ракIалде ккола цогидазулги гьединабго пикру батилин, киналго гIакълу бугел гIадамал цолъизе руго муфтий АхIмад- хIажи ГIабдулаевасда сверухъ. Жакъасеб къоялде балагьун цогидаб данде кколеб кандидатура дида гьениб бихьуларо. Лъалароха устарасул васият кинаб букIарабалиги…»
АбичIого гIоларо интернет сайтазда батIи- батIиял пикраби загьир гьарулел руго лъица шайих чIварав абураб суалалда тIасан. ГIаммаб куцалда киназулго щаклъи буго гьеб вагьабиязул хIалтIи букIиналда, щагурелъул устарас жив чIаго вукIаго гIемер какулеб букIана гьезул хIаракатчилъи . Амма руго батIиял баяналги. Мисалалъе Исламияб комитет абураб гIуцIиялъул нухмалъулев ХIайдар Джемалица рикIкIунеб буго экстремистазе шайих чIвазе къваригIун вукIаравани гьеб гьез цебего гьабизе букIанин. Джемалил пикруялда шайих чIвай букIине бегьула къуваталъул идарабазул рахъалдаса провокациялъулаб хIалтIилъун. Гьесдаго тIад рекъон Европаялъул бутIаялда ругел бусурбабазул идараялъул нухмалъулев Фарид Асадуллинца рикIкIунеб буго гьеб такъсир гьабизе бегьулин Россиялдаса батIаги гьабун Кавказалъул Эмират гIуцIизе бокьарал гIарабазул улкаялдаса хасал къуватазгийилан.