Ссылки для упрощенного доступа

НацIида ццим бахъун бухIулеб хъабарча


Дагьаб цебегIан Санкт-Петербургалъул баралда кьвагьдеялда щаклъи букIун Дагъистаналдаса цIар рагIарал спортсменал ккун ругин лъазабулеб буго цIех-рехалъул идарабаз. ЦIех-рехалъул хIалтIи лъугIизегIан гьел гIолохъабазул цIарал рицунеб гьечIо хасал идарабаз, Дагъистаналъул спорталъул министерлъиялдаги гьел спортсменазул хIакъалъулъ баянал гьечIин лъазабулеб буго.

Санкт-Петербургалда ккурал дагъистаналдаса спорсменазде цин Россиялъул такъсиралъухъ тамих1гьабиялъул кодексалда рекъон гъалмагъир гьабиялъул г1айиб г1унтизабулеб бук1ана, гьанже гьел г1олилазе дагьабги кьварараб бут1аялда рекъон тамих1 гьабизехъин буго низамц1унулез.

Гъалмагъир гьабиялъул г1айиб т1адч1езабуни гьел 5 соналде щвезег1ан жанир т1амизе яги, 500 азарго гъурущ г1ак1а кьезе кколаан гьез. Гьанже гьезде г1айиб г1ут1изабулеб бугеб чанго чи цадахъ рекъон, цереккунго х1адурун гъалмагъир гьабунин дагъистаниязилан ц1ех-рехчаг1аз ч1езабуни гьез яги 1 миллионалде щвезег1ан г1ак1а кьезе ккола, яги гьел 7 соналде щвезег1ан туснахъ гьарула.

Рак1алде щвезабилин I9 сентябралда Санкт-Петербургалъул Думская къотIноб бугеб къасисеб клубалде жанире рачIине къасд гьабун буго цо г1олилалзул къокъаялъ. фейсконтроль гьабулел ай тIаде балагьун гIадамал жанире риччалел чагIаз гьел клубалде жанире риччачIого нахъе ритIун рукIун руго. Гьелдаса хадуб чанго къоялдасан Аллагьу Акбариланги ахIдолаго, хъубаб мацIги бицунаго, ахIи-хIуралда гIолохъаби травматикиял тункIаздасан къват1исан гьеб клубалде ва гьенире рач1арал г1адамазде кьвагьдон руго.

Гьеб кьвагьдеялъул хIасилалда чанго чиясе гIиси-бикъинаб заралги ккун букIана. Моц1г1анасеб мех ун хадуб 21 октябралдя петербургалъул полициялъ гьеб гъалмагъир гьабиялде щаклъи букIун 7 дагъистанияв ккун вуго. Гьезда гьоркьор спорталъул батIи-батIиял рагъулал тайпабазул рахъалъ дунялалъул чемпионалги ругин лъазабулеб буго, амма цониги гьев спортсменасул цIар лъалеб гьечIо жеги.

ЦIех-рехалъул идарабаз кьурал баяназда рекъон дагъистаналдаса спортсменал церегIан рачIун руго гьеб баралде, амма хъаравулзабаз жанире риччан гьечIо гьел. Гьелда ццин бахъун рачIун руго дагъгистаниял добго сордоялъ баралде кьвагьи бахъинабизе. Щаклъи ккарал гIолохъаби кколагоги полициялда гIемер къо бихьун буго, цо-цоял кквезе ккани гьезул рокъор ва хIалтIулеб бакIазда гордал нуцIбигицин рахъизеги ккун руго.

ЦIех-рехчагIаз Россиялъул такъсиралъухъ тамихI гьабиялъул кодексалъул 2I3 бутIаялда рекъон такъсиргьабиялъул иш рагьун буго. Гьезда гIайиб тIадчIезабуни 5 соналде щвезегIан туснахъ гьаризеги бегьула гьел.

Ахираб заманалда Россиялда кавказалъулаз гьарурал такъсиразул къадар цIакъго бахунеб букIиналъ, хасго 2I откябралъ Дагъистаналдаса Наида Асияловалъ Волгоградалда автобусалъуб кьвагьи бахъинабун хадуб, Россиялъул Жанисел ишазул министр Владимир Колокольцевас лъазабуна такъсирчагIазул ватIаналъул бетIерлъиялда вугев чиясе гIадлу гьабиялдасан байхьибихьизе кколилан хIалтIийилан.

Министрасул рагIабазул рахъкколелги гIезегIан руго, амма цIикIкIунисез абулеб буго щивав чияс жинцаго кьезе кколин гьабунщиналъул жавабилан, я гьесул гIагарлъиялъ, яги росуцоясда, хасго регионалъул бетIерасда гIайиб гьечIила гьес мекъаб иш гьабиялъулилан.

ЖамгIияв хIаракатчи ва Россиялъул Авфгъанистаалда рагъулел рукIаразул идараялъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул исполкомалъул нухмалъулев Хадулаев Шамилица «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда бицана, ракьцояз гьабураб такъсиралъухъ регионалъул бетIерасе гIадлу гьабиялъ гIемер лъикIаб хиса-баси лъугьинабуларилан.

Шамиль Хадулаев: « Гьелда хурхун дир кIиго батIияб пикру буго. Цо рахъалъ босани ракьцоязул такъсиразухъ жаваб гьезул регионазул бутIруз кьезе ккеялъ , гьел нухмалъулел лъикI хIалтIизе тIамизеги бегьула. Гьаб сагIат такъсирал дагьлъизениги, гIолилазулгур бичIчIикьеялъул хIалтIини нилъер гьаниб бичча-бихъан тун буго. Нухмалъиялъги гьелде щибго кIвар кьолеб гьечIо.

Гьединлъидал гьезулги кIудияб гIайиб буго такъсирчилъи цIикIкIиналъулъ. Кин бугониги гьел жавабчилъиялдеги цIазе ккола, амма гьелъ гIемер жо хисизабилин кколаро дида. Щай гурелъул цо къоялъ яги цо чи тамихIалде цIан рагIалде бахъунеб жо гурелъул гьеб хIалтIи. 20 соналъ рехун тун бугеб гьеб бичIчIикьеялъул хIалтIи хехго цIигьабун бажарулареблъиги лъала. Цойги рахъалъ босани гIабдалзаби киса-кирего камуларелъул, хасго кодоб гIарацги кьун цониги иш гьабизе гьев витIунин абун регионалъул бетIерас щиб гьабилеб.
Гьесда гIайиб бугин бищун цебейилан ахIдезеги лъугьуна киналго. Гьединлъидал лъикI ургъун гьабизе ккола гьеб хIалтIи»

XS
SM
MD
LG